Аслияб гьумералде Нужер кагътал

МугIалималъе баркала

МугIалималъе баркала

Бокьун буго ракI-ракIа-лъулаб баркала кьезе Шамил районалъул Къваниб росдал лъималазе лъай кьолей мугIалим МухIамадова Жамилат...

Къуръан цӏалун лъугIи

Къуръан цӏалун лъугIи

Казбек районалъул Ленинаул росулъ тӏобитӏана мутагӏилзабаз Къуръан цӏалун лъугIиялда бан мажлис. Гьебги тӏобитӏана Ленинаул росдал №3 школалъул...

ЖамагIат рази буго

ЖамагIат рази буго

Ахирал соназда нижер Шамил районалъул ХIорода росулъа гIемерал гIадамал гIатIиракьалде гочана. Кире гочаниги, кире аниги жалго рижараб ва гIураб...

ГIелмуги гIамалги рекъарав

ГIелмуги гIамалги рекъарав

Бокьун буго баркала кьезе Гъуниб районалъул КIуяда росдал Агъада бугеб мажгиталъул имам ХIажимурад МухIамадовасе гьес росулъ гьарулел ругел...

Суннат тIубай – сахлъи цIуни

Суннат тIубай – сахлъи цIуни

ХIурматиял бусурбаби, какичуриялъул суннатаздасан ккола лъабго нухалда мегIер ххули. Гьеб буго Бичасул аварагас ﷺ гьабураб ва нилъеда гьабеян...

Баркала, тохтурзаби

Баркала, тохтурзаби

Дунялалъул рокъор нилъ гIемер хIажалъула цоцазде, ине ккола мурад тIубай тIалаб гьабун цогидазухъе.    Киназего баянаб жо буго Аллагьасе...

Тохтур ГIабдулагь

Тохтур ГIабдулагь

Тохтур ГIабдулагь Унтиялъ кIвекIулев вукIун, гьелъие дару-дарман балагьулаго, дун ккана Василевскиясул цIаралда бугеб медицинаялъул институталде....

Умумузул ирсги росдал мажгитги

Умумузул ирсги росдал мажгитги

ЦIумазул борхалъиялда бугилан абизе бегьула Анкьракьалъул (ЛъаратIа мухъ), Таш жамагIаталда гьоркьоб бугеб, ТIинчIуда росу. КIиазаргоялдаса цIикIкIун...

Лъик1ал ишазул цевехъан

Лъик1ал ишазул цевехъан

ЖамгIияталъе пайдаял, лъикIал ишал гьарулаго гIумру унел, амма жидерго гIадатлъиялъ ва тIабигIат-гIамал берцинлъиялъ гIадамазул берзукь рукIунарел,...

ЛъикIав бегавул

ЛъикIав бегавул

Казбек районалъул Ленинаул росулъ гIумру гьабун руго магIарулал, гIавухъал, даргиял, лакал ва цогидалги миллатазул вакилзаби.   Гьединаб...

Баркала, тохтурзаби

Баркала, тохтурзаби

Дагьаб цебе дун вегун вукIана Шамил районалъул ТIидиб росдал больницаялда. Гьениб дидехун букIараб бербалагьи бихьидал пикру ккана, казият гьоркьоб...

КIалбиччанкъоялъул хIурматалда

КIалбиччанкъоялъул хIурматалда

АрбагI къоялъ Шамил районалъул Ругъелда тIобитIана кIалбиччанкъоялъул хIурматалда къелдерил киналго росабазулги, хирияб къоялде шагьараздаса...

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

8-9 моцI букIана дир беразул канлъиги дагьлъун, щиб гьабилебалиги лъаларого. Ахир-къадги къисматалъ дун вачана ИсмагIиловасул цIаралда бугеб...

ЖамагIат разияв бегавул

ЖамагIат разияв бегавул

Хъумторхъала районалъул Темиргъое буго батIи-батIиял миллатазул вакилзабаздаса гIуцIараб росу. Бугониги, росулъ гIадамал руго щиб хIажалъи кканиги...

Рогьалил как - мажгиталда

Рогьалил как - мажгиталда

  ТIоцебесеб марталда Унсоколо росулъ тIобитIана «40 рогьалил как имамгун цадахъ мажгиталда бай» абураб марафон.   Гьелда гIахьаллъана Унсоколо...

ГIадамазул хIажатал тIуралев

ГIадамазул хIажатал тIуралев

ХIурматияб «Ас-салам». Мун цIалуларев чи къанагIатги ватиларо Дагъистаналда. Гьединлъидал, бокьун буго цо лъикIав чиясул хIакъалъулъ газеталдасан...

ХIажаталъув ватулев

ХIажаталъув ватулев

Шамхал поселокалда гIумру гьабун руго лъикIал, сахаватал гIадамал. Гьезул цояв ккола Хизри ПасихIов. Гьев вуго чара гьечIого жамагIаталъе хIажатав...

Балагьалда цебе сангар – садакъа

Балагьалда цебе сангар – садакъа

Рецц Аллагьасе буго гьаб заманалда нилъ берцинго хьихьун рукIиналъухъ. Абизе бегьила кинабго жо гьарзаго бугинги. Балагьараб заманалда, къварилъиялда...

Ракl разияб сапар

Ракl разияб сапар

ЦерегIан моцIаз лъикIал гIадамалгун цадахъ дун яхъана сапаралъ ГIумраялде. Дида цадахъ ккана цIакъ иман бугел чагIи, гьел рукIана Шамил районалъул...

Рогьалил как - имамасда цадахъ

Рогьалил как - имамасда цадахъ

Гъизилюрт районалъул Султанянгъиюрт росдал школлъималазда гьоркьоб лъазабун буго «40 къоялъ рогьалил как имамасда цадахъ» абураб...

ГьитIинаб адабалъ кIудияб асар

ГьитIинаб адабалъ кIудияб асар

Дагьабго кватIун букIаниги баркала кьезе бокьун буго «Инсан» фондалъул Хьаргаби районалда бугеб филиалалъул...

ЦIунтIа районалде ана кубок

ЦIунтIа районалде ана кубок

Дагъистаналъул муфтияталъ Шамилхъалаялда тIобитIана мугIрузулаб территориалияб округалъул лъагIалил хIисабкьей. Данделъиялде рачIун рукIана 17...

Хъалиян - иблисалъул гъизгун кIващ

Хъалиян - иблисалъул гъизгун кIващ

Дун ккола биологиялгун тIабигIаталъул гIелмабазул доктор, профессор, Россиялъулги Дагъистаналъулги гIелмуялъул мустахIикъав хIалтIухъан, 80 сонил...

Лъималаз бараб мажгит

Лъималаз бараб мажгит

Исана октябрь моцIалъул ахирги, ноябралъул бащалъиги цIакъ рохалилаблъун лъугьана Ленинаул росдал 13-абилеб микрорайоналъул гIадамазе гуребги,...

Квер биччарай

Квер биччарай

«ГIадамазе пайдаяйлъун йикIин буго дир талихI» Фазу ГIалиева   Гьаниб байбихьуда Фазуги гьелъул каламги ракIалде щвезабуна, жиндир хIакъалъулъ...

Аварагасул ﷺ асарал - Шамилхъалаялда

Аварагасул ﷺ асарал - Шамилхъалаялда

КIиго имам жанив вижараб тIалъи, ТIагьал асараца асир гьабичIищ? ШаргIалъул нух цIунун хвалчен борхарал, Расулуллагьасде данде...

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

МухIидинил вас Рамазан ккола Кьанада росулъа. Гьев гьавуна ва гIуна Бабаюрт районалда бугеб «Победа-Терек» хъутаналда.   Бокьун...

ЛъикIав цевехъан ватана…

ЛъикIав цевехъан ватана…

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIукмуялдалъун исана паризаяб хIеж борхизе ине изну щвана диеги (алхIамдулиллагь). Документал кьолаго гьарана Унсоколоса...

Басриябги, цIиябги, цIар тарал гIадамалги

Басриябги, цIиябги, цIар тарал гIадамалги

АнцIгоялдаса цIи-кIкIун соналъ цебе, МахIачхъалаялъул Приморский районалда, ралъдал рагIалда букIинчIо я хIалхьиялъе, я спорталъе, хIатта эркенго...

Баркала кумекалъухъ

Баркала кумекалъухъ

  Циндаго байбихьана чехь-бакьазул унти, цIа-канги бахана 38 градусалде. Росдал амбулаториялъул машинаялда щвезавуна Шамил райбольницаялде....

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Июнь моцIалъул байбихьуда вегана МахIачхъалаялъул №3 больницаялда, жировик-липома къотIизелъун. Регаразе гьениб чIезабун буго лъикIалдаса лъикIаб...

Къиматаб шапакъат - херазул гьари

Къиматаб шапакъат - херазул гьари

Къиматаб шапакъат - херазул гьари Баркала, хирияй, нижер тIалабал, Умумузул гIадин тIуралей дуе. Щулияб сахлъигун халатаб гIумру Насиблъаги дуе...

Лъималазул рохел - рекIее рахIат

Лъималазул рохел - рекIее рахIат

  Гъуниб районалъул росабалъ исана цIакъго лъикI кIодо гьабуна Халкъазда гьоркьосеб лъимал цIуниялъул къо. Масала, Гъуниб росдал ясли-ахалъул...

Баркалаялъул калам

Баркалаялъул калам

Дун ккола 67 сонил ригьалде яхарай Унсоколо росулъа Зубаирова АгIишат. 2023 соналъул 17 январалда егизе ана МахIачхъалаялда бугеб кардиологиялъулаб...

Баркала буго МухIаммадрасулие

Баркала буго МухIаммадрасулие

Гъоркьиса декабрь моцIалъ нижер къукъа, ай 47 чи ун рукIана гIумраялъ. Къукъаялъе нухмалъи гьабулеб букIана 35 сонил ригьалда вугев Гъизилюрт...

Хабалазда рацIцIалъи гьабуна

Хабалазда рацIцIалъи гьабуна

Шагьаралдаса росулъе щварав дун рузман къоялъ радал хабалазде, зияраталъ щвана. Хабалазул рагIалде щведал, гьениб гьабун батараб рацIцIа-ракъалъи...

Ахират лъикIаб кьун батаги

Ахират лъикIаб кьун батаги

Шамил районалъул ГIуриб росулъа ПатIимат ХIасанхIусеновалъ гIумру гьабулеб букIана МахIачхъалаялда, жиндирго ясалда аскIоб. ПатIиматица исана...

КъвакIарай магIарулай

КъвакIарай магIарулай

Шамил районалъул Къваниб росулъа МухIамадова Умакусум ккола КIудияб ВатIанияб рагъул заманалъул лъимер. 2015 соналда гьелъие кьун букIана Бергьенлъи...

ХIафизасул хIурматалда

ХIафизасул хIурматалда

Къимат тIадегIанаб Къуръан рекIехъе лъалезул къецазда тIоцересезул кьерда вугев ХIажимусаев ГIалимирза ккола ЛъаратIа районалъул ЦIумилухъ росулъа....

Сахаватав инсан

Сахаватав инсан

  Бичасул аварагас ﷺ абун буго гьаб дунял бугин ункъо чиясе кьураб жойилан. Гьезул тIоцевесевги кколин Аллагьас жиндие гIакълуги боцIиги кьурав...

Баркала росуцоясе

Баркала росуцоясе

ЗайнулгIабидил Мусал вас МухIаммад ккола Хьаргаби районалъул МагIлиб росулъа. Гьев вуго лъабкъого сонил ригьалдаса тIаде арав чи. Гьес гIемераб...

Баркалаялъул калам

Баркалаялъул калам

  Шамил районалъул Гьидалъ участковияб больницаялъул «Хехаб ку-мекалъул» машинаялда хIалтIулев захIматго унтарав шоферги вачун ниж...

Тавбу гIемер гьабе

Тавбу гIемер гьабе

Дуниял жибго те, ахират босе, Аллагьги рекIелъ ккун даимго вукIа. ЦIикIкIинабе рокьи аварагасде, Аллагьасе мунги вокьизе вуго. Тавбу гIемер...

Аллагьас ﷻ инсан хира гьавун вуго

Аллагьас ﷻ инсан хира гьавун вуго

Аллагьас ﷻ инсан цогидаб махлукъаталдаса хира гьавуна гIакълуги, гIелмуги, берцинлъиги ва гьел гурел цогидал нигIматалги кьун. Нилъеца гьел...

АхIулгохIде зиярат

АхIулгохIде зиярат

Хирияб рамазан моцI байбихьилалде Шамил районалъул къелдерил росабазул жамагIатаз сапар бухьана АхIулгохIде. Гьелда гIахьаллъана шагьаразда,...

БахIарчияв имам

БахIарчияв имам

ГьитIинаб Дагъистан, Дагьаб дур миллат, Дунялалда дуца РагIизабуна.   ГIагараб ракьалъул Эркенлъи цIунун, Лъебералда кIиго Соналъ...

Баркала буго тохтурзабазе

Баркала буго тохтурзабазе

РакI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго Дагъистаналъул кардиологиялъулаб ва рекIелгун бидурихьазул хирургиялъул централъул...

Мажидил ГIабдуллагьил гIумру

Мажидил ГIабдуллагьил гIумру

ЛъаратIа мухъалъул Анкьракьалъул Таш жама-гIаталда жанибе унеб ХIокьоб росу буго сверухълъиялда рагIараб, жанир цIаларал чагIиги рахъараб...

Баркала, тохтурзаби

Баркала, тохтурзаби

Дун ккола Гъазиму-хIаммадова ПатIимат. Газета гьоркьобккун бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе лъикIал тохтурзабазе.   Дун...

Къородисезул кьотIа росдал имам

Къородисезул кьотIа росдал имам

Гъуниб районалъул Къорода росулъа Къадиров МаламухIаммадил вас ХIайбуллагь цIалана ГIасаса ГIабдурахIман-хIажиясул цIаралда бугеб исламияб...

ЖамагIат рази буго

ЖамагIат рази буго

Ассаламу гIалайкум, «Ас-салам» казият. Ниж ккола Хъумторхъала районалъул Темиргъое росдал жамагIат. Нужехъе хъвалеб буго, росдал имамасе...

Авараг ﷺ веццун назму

Авараг ﷺ веццун назму

Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росдал цIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIана, свалат-салам лъеяв авараг веццун назму гьабиялда тIасан къецал. Гьелда...

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Дун ккола Шамил районалъул ХIорода росулъа Расулова ПатIимат Зубаировна.  Дагьаб цебегIан егун йикIана ХIебда бугеб райбольницаялъул хирургияб...

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

ДРялъул муфтияталъул тIадкъаялда рекъон, Лаваша районалъул Урма росдал имамлъун тIамун вукIана Камилов АсхIабгIали-хIажи.  Гьес имамлъи гьабуна 2021...

ЛъикIаб больница батана

ЛъикIаб больница батана

Ассаламу гIалайкум, хIурматияб «Ас-салам» казияталъул редакция. Дун ккола 83 сонил ригьалде вахарав, Ленинкенталда гIумру гьабун вугев,...

Имамасе баркала

Имамасе баркала

Хириял «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъаби. Нижер росдал жамагIаталъул рахъалдасан баркала загьир гьабизе бокьун буго росулъ имамлъун...

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Дун ккола Гумбет районалъул ЧIиркъатIаса, 80-йилъа арав Сабуев ХIусен. Сахлъи гьечIого вегана МахIачхъалаялъул №3 больницаялда, кардиологиялъул...

«Ас-саламалъул» вакилзабазе баркала

«Ас-саламалъул» вакилзабазе баркала

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел, бусурбаби, магIарулал. Нилъеда лъала ватIан-рукъги тун гIемерисел гIадамал уна лъикIаб магIишаталда хадур,...

Бокьула мун, «Ас-салам»

Бокьула мун, «Ас-салам»

МагIарул миллаталъе чара гьечIого хIажатаб, жинда жаниб лъазе бокьанщинал суалазе гIалимзабазул чIванкъотIарал жавабал ратулеб казият буго...

Баркала махщалилал тохтурзабазе

Баркала махщалилал тохтурзабазе

Ассаламу гIалайкум, хIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция. Газета гьоркьобккун бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе...

Мажгит цIи гьабуна

Мажгит цIи гьабуна

Шамил районалъул Мусрухъ росулъ букIана басрияб, биххун иналда хIинкъи бугеб мажгит. Бигьаяб хIалтIи букIинчIо аскIобе шагьраги, росулъ дагьал гурони...

Мажгит цIи гьабуна

Мажгит цIи гьабуна

Шамил районалъул Мусрухъ росулъ букIана басрияб, биххун иналда хIинкъи бугеб мажгит. Бигьаяб хIалтIи букIинчIо аскIобе шагьраги, росулъ дагьал гурони...

ХIалае батараб «Инсан» фонд

ХIалае батараб «Инсан» фонд

Бокьун буго, газета гьоркьобккун, баркала загьир гьабизе нижер вацасул къварилъи загьир гьабизе щварал Бабаюрт районалда бугеб «Инсан» фондалъул...

Мисал босизе мустахIикъав

Мисал босизе мустахIикъав

Диналъ тIад гьабураб кьуричIого тIубалев чи вуго ШайихмухIамадов Шамил. Гьесул эмен Анайил МухIаммадги вуго жигарав хIаракатчи, гӀемерал гӀалимзабиги...

Бихьиназде салам

Бихьиназде салам

Данухъ росулъа Ислам Мусаев, рагъулаб отпускалъ вачIиндал: Рагъул фронталде ахIулел васал, Ас-салам гIалайкум! Босе дир салам. Сахал тIаса рищун...

ГIумрудул карачел

ГIумрудул карачел

Дун колхозалда хIалтIана, накаби цIунана, 8 лъимер кодоб кквеялъ рукьаби унтана, мугIрул сверана, хъутаби тирана, рукъалъул хIалтIи тун базар...

Баркала, тохтурзаби

Баркала, тохтурзаби

«Хехаб кумекалъул» машинаги ахIун вегизавуна МахIачхъалаялъул № 1 больницаялъул хирургиялъулаб инфекциялъул отделениялда. Дир унтиялда рекъараб...

Дуе нух битIаги...

Дуе нух битIаги...

Дуе нух битIаги, гендерил будун, Билал-асхIабасда гьаракь релълъарав. Бичасул къадар щун анин рагIидал, Ана босун гIакълу, къварилъана...

Машгьураб больница

Машгьураб больница

Гьединаб больница буго МахIачхъалаялда, Сепараторазул поселокалда. Дида гьеб больницаялъул, унтаразе гьенир чIезарун ругел лъикIал шартIазул,...

«Инсаналъул» баракатаб хIалтIи

«Инсаналъул» баракатаб хIалтIи

ГIемераб хIалтIи гьабула «Инсан» фондалъ Шамил районалдаги. Гьелъул иш тIубала ва гIадамал разияб куцалда хIалтIи гьабула фондалъул вакил Шамил...

«Ас-саламалъул» гьудул

«Ас-саламалъул» гьудул

МачIадаса МухIаммадов МуртазагIалил «Ас-салам» казияталъулгун гьудуллъун ккаралдаса 25 сон унеб буго. 1973-76-абилел соназда цIалана гьев росдал...

«Гьимерсо хъала»

«Гьимерсо хъала»

Ахирал соназ гIемерал чагIи гочунел руго магIарухъа шагьаразде. Гочунезул къадаралъухъ балагьани, 10-20 соналдаса магIарухъ чиго хутIиладай абураб...

ХIебда гIалимзабазул мажлис

ХIебда гIалимзабазул мажлис

Шамил районалъул ХIебда росулъ, М. ГьитIиновасул цIаралда бугеб хIухьбахъиялъул паркалда, тIобитIана республикаялъул гIалим-забазул мажлис. Гьелда...

Риидалил къо

Риидалил къо

ЛъикIаб гIадатлъун лъугьун буго Шамил районалъул ТIогьохъ росдал гIадамазул щибаб санайил, магIарухъеги рачIун, шагьаралда ругелгун цадахъ росдал къо...

Мажгит цIи гьабуна

Мажгит цIи гьабуна

Шамил районалъул ГиницIороб росулъ букIана басриябго мажгит. Рес букIинчIо гьеб цIи гьабичIого. Гьединаб хIалги бихьун, хIалтIи гьабизе цеве вахъана...

КIалбиччанкъоялда хурхун

КIалбиччанкъоялда хурхун

10-гIан сон буго кIалбиччанкъоялда хурхун Шамил районалъул Ругъелда кIалбиччан хадусеб къоялъ районалъул росабазул имамзабиги гIалимзабиги ахIун...

ГIолилазул ишал

ГIолилазул ишал

Шамил районалъул ТIогьохъ росдал жамагIаталъ, щибаб санайил, тIобитIула кIалбиччанкъоялъул хIурматалда тадбир. Исанаги тIобитIана гьеб. ГIолохъабаз...

Кумекалъухъ баркала

Кумекалъухъ баркала

Ассаламу гIалайкум, хирияб «Ас-салам» газеталъул редакция. «Вотцапалъул» цо къокъаялда бихьана ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб...

ЖамагIатчиясе баркала

ЖамагIатчиясе баркала

Бокьун буго, «Ас-салам» казият гьоркьоб ккун, баркала загьир гьабизе нилъер диналъул вац НурмухIаммадил ГIабдулагьие. ГIабдулагь ккола Шамил...

ГIусмановас хвасар гьавуна

ГIусмановас хвасар гьавуна

Араб соналъул августалда КОВИДалъ унтана дун. Саламатаб къадаралда гьуъралги жагъаллъун вегана МахIачхъалаялда бугеб Ветераназул госпиталалда....

Аллагьасе ﷻ гIоло

Аллагьасе ﷻ гIоло

ЧIикIаса Нурхlажиев Багьавдин 20 соналъ гIумру гьабун вукIана Каспийск шагьаралда. БетIербахъи гьабулеб букIана заводаздаги хӀалтIун. Как-диналъул...

Ракьалда лъалкIги тун ана

Ракьалда лъалкIги тун ана

ЛъикIал гIадамал ракIалде щвезаруни, хасго росдае пайдаяб хIалтIи гьабулел сахаватал чагIи, пайда цIикIкIараб букIуна. Гьединаздасан ккола Хунзахъ...

Имамзаби какуге

Имамзаби какуге

Хириял яцал, хIурматиял руччаби. Бокьун буго нужеда гьаризе ватцапаздасан дибирзаби, гIалимзаби какун лъазабиял ритIугеян. Нилъ, руччаби, хIалтIуда,...

Баркала тохтуразе

Баркала тохтуразе

«Ас-салам» казият гьоркьоб ккун Гъуниб районалъул КIуяда росулъа Ибрагьимовазул хъизамалъул агьлуялъе бокьун буго баркала загьир гьабизе, Гъуниб...

Чакаразул МухIаммад

Чакаразул МухIаммад

ГьентIа росдал гIадамазул биценалда рекъон, Чакаразул Мухlаммад вукlун вуго бергьараб лъаялъул гlалим. Гьев сабурав инсанги вукlун вуго. Гьес...

Инвалидаздехун гурхIел-рахIму

Инвалидаздехун гурхIел-рахIму

ТIолгодунялалъул инвалидазул къо кIодо гьабун «Инсан» фондалъул Гъуниб районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев ШагIбанов ГIабдуллагь-хIажиги...

Баркала, имам

Баркала, имам

Ниж руго Хасавюрталда гIумру гьабун ругел Унсоколо районалъул Бекьилъ росдал жамагIат. Хасавюрталда гIумру гьабулел ругелдаса буго 60-ялдасаги...

ЦIунтIаса гIалим МухIаммад (СутIалав)

ЦIунтIаса гIалим МухIаммад (СутIалав)

КитIури росулъа СутIил вас МухIаммад (СутIалав) мантIикъ-сирру гIелмуялъе къуватав гIалим вукIана. СутIаласул мугIалим вукIана Гехулав МухIаммад...

Кирилъун батаги

Кирилъун батаги

ГIисакъ НурмухIаммадов гьавуна ЛъаратIа районалъул УхIада (Гъведиш) росулъ. Гьев вуго унго-унгояв хIалтIухъан, къваригIаралъув ватулев багьадур....

Аллагь разилъаги

Аллагь разилъаги

Ассаламу гIалайкум, хирияб «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъаби! Бокьун буго, газета гьоркьобккун, ракIракIалъулаб баркала загьир гьабизе...

Яшав лъикiлъизе бокьани…

Яшав лъикiлъизе бокьани…

ГIадамазда гьоркьоб цIакъ машгьураб жо буго гьабулеб иш цебе унеб гьечIолъиялда бан зигарди. Гьединаб хIал кидаго букIине кколеб жоги гуро. Амма...

Баркала, МухIаммад-ГIали

Баркала, МухIаммад-ГIали

Хунзахъ районалъул Байикь ккола гьитIинабго росу. ГIолохъанаб гIелги, росулъ хIалтIи гьечIолъиялъ, шагьаразде ун, росулъ хутIун руго цIакъго дагьал...

МугIалимзаби кIочон гьечIо

МугIалимзаби кIочон гьечIо

«Инсан» фондалъул Гъуниб районалда бугеб филиалалъ гьал къоязда районалъул росабалъ тIобитIана «МугIалимзаби кIочон гьечIо» абураб акция. Гьельул...

ХIажатаб заманалда щвараб кумек

ХIажатаб заманалда щвараб кумек

МахIачхъала шагьаралъул МФЦялъул хIалтIухъан ГIалиев СаидахIмад щвана ЛъаратIа райбольницаялде. Гьесда цадахъ рукIана ЛъаратIа районалъул имамасул...

«Ас-саламалъул» гьудулзаби цIикIкIана

«Ас-саламалъул» гьудулзаби цIикIкIана

Исламияб газеталъул магIнаги хиралъиги бичIчIулеб буго гIадамазда. Щибаб къоялъ гьелъул хIакъалъулъ бицуна мажгиталдаги, мажлисалдаги, гIадамал...

Лъалищ нужеда?

Лъалищ нужеда?

Какил таъвилатал Аллагь разилъаяв ГIали-асхIабас абун буго: «Какил таъвил лъачIони камилаб как букIунаро. Таъвилги лъазе гьабун цо как бани, 70...

Инсан кiодо гьави

Инсан кiодо гьави

Исламалъул кIвар бугел тIалабазул цояб ккола бусурбабаздехун гурхIалилаб балагьи ва гьоркьоблъи гьаби. Гьезул цонигияв гIодовегIанавлъун ва...

Лъимал школалде хIадурана

Лъимал школалде хIадурана

«Инсан» фондалъ Гъуниб тIобитIана «Лъимал школалде хIадур гьаре» абураб акциялда гъоркь сахаватаб тадбир. Гьениб гIахьаллъи гьабуна фондалъул Гъуниб...

Инсанасул ризкъиги хъантiиги

Инсанасул ризкъиги хъантiиги

Дунялалда гIумру гьабулаго аслияб къуват нилъеца кьолеб буго дунялалъул магIишат тIалаб гьабиялде. Гьеб щолеб бугони макьуги кIочона, свакги...

Ма ша Аллагь, рацIцIалъи

Ма ша Аллагь, рацIцIалъи

Ассаламу гIалайкум, хирияб «Ассалам» газеталъул хIалтIухъаби ва цIалдолел. Дун йиго Гъизилюрт шагьаралда гIумру гьабулей гIадан. Нижер хъизамалъул...

Инсан сунца ватiа  вахъулев?

Инсан сунца ватiа вахъулев?

ХIурматиял бусурбаби, гьаб буго лъималазул цIалиги лъугIараб, гьел цIализе кире ритIилелин абураб масъалаги цебечIараб заман. Инсанасе чара гьечIого...

БахIарчияб иш

БахIарчияб иш

Хьаргаби росулъан чваххулеб гIурулъ чвердолев вукIарав гьитIинав вас, лъел чваххиялде данде чIезе рухI гIечIого, гIоралъ восун унев вукIана. Гьеб...

Как бай – сахлъи цiуни

Как бай – сахлъи цiуни

Исламияб диналда жаниб бугебщинаб лъикIлъиялъул ва пайдаялъул гьаб дунялалда, хасго ахираталда щвезе ругел, рицун хIалкIвеларо цо чиясул тIубараб...

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

«Ас-салам» казият гьоркьобккун бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе лъикIав муъминчи, Къуръаналъул мугIалим КъурбангIалиев...

Балагьал нахъчiваялъе бигьаяб сабаб

Балагьал нахъчiваялъе бигьаяб сабаб

БетIергьанас инсанасул гьаб дунялалъул рокъоб хIал бихьула батIи-батIиял балагьаздалъун. Гьелги рукIине бегьула гьесул черхалда, наслуялда яги...

ХIабшадерил мажлис

ХIабшадерил мажлис

Цолъи буго жакъа бусурбабазе гIолареб жо. Нилъ цолъиялъулъ буго къуват ва щулалъи. Щаклъи гьечIо, нилъ данделъиялъулъ бугеб...

Как холел жал

Как холел жал

Как базе лъарабго гIадин лъазе ккола как биххизабулел жалги. Гьел лъачIони, гIумруялъго тIубачIеб как балев ватизеги бегьула. Как хвезабулел жал...

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Ниж ккола Саратов шагьаралда яшав гьабун ругел дагъистаниял. Россиялъул цогидал регионаздаго гӀадин, нижер гьанирги рукӀуна Дагъистаналъул Динияб...

Ригьин гьаби – илчизабазул нух

Ригьин гьаби – илчизабазул нух

Хириял диналъул вацал ва яцал! ГIолохъабаздехун вуссун МухIаммад Аварагас абун буго: «Я, гIолохъабазул къокъа, нужер чIужу ячине рес бугес чIужу...

Реццалъе мустахIикъав

Реццалъе мустахIикъав

Инсан берцин гьавула гIамалхасияталъ, жинда сверухъ гIуцIараб тадбир рацIцIалъиялъ. ГIадан хиралъиялъ, гьев кIодо гьавиялъ, гьездехун бугеб берцинаб...

Шукруялдалъул щула гьаре нигiматал

Шукруялдалъул щула гьаре нигiматал

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги ана нилъедаса хирияб рамазан моцI. Гьелда жаниб гьабураб гIамал щивасда жинда жиндаго лъикI лъала. Аллагьас...

ХIалтIукьа хIинкъуларо

ХIалтIукьа хIинкъуларо

Исана бугеб ахIвалхIалалъухъ балагьун, гIияхъабазулгун боцIухъабазул кутакалда захIматаб хIалтIи букIана. Нижеца цIех-рех гьабидал, Хунзахъ...

КЪУРЪАН ВА РИКIКIЕН

КЪУРЪАН ВА РИКIКIЕН

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Нилъер умматалъе кьурал бищунго кIудиял рахIматазул цояб ккола хирияб Къуръан. Гьелда жаниб данде гьабун буго...

Хизри аварагасул х1акъикъат

Хизри аварагасул х1акъикъат

Халкъалда гьоркьоб машгьураб жо буго пуланав чиясда Хизри авараг вихьун вугин бицин. Цо пуланаб мажгиталда гьес как бан бугин аби. Яги пуланав...

Баркала МухIаммад-хIажие

Баркала МухIаммад-хIажие

Бавтугъаялъул росдал жамагIаталъе бокьун буго, «Ассалам» казият гьоркьоб ккун, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе нижгун цадахъ росулъ гIумру...

ХIажаталъув ватарав ГIали

ХIажаталъув ватарав ГIали

«Нилъергоанищ чи, чорхолъго анищ рухI» абурал рагIабазул магIна бичIчIула къваригIел ккун хIажалъи тIубазе хIалае чи щоларого хутIараб мехалда. Хасго...

МигIражалда бихьараб

МигIражалда бихьараб

Дунялалъул рокъор рукIаго щивав чияс кидаго тIалаб гьабула сахлъиги, халатаб гIумруги, херлъи гьечIеб гIолохъанлъиги. Гьеб кинабго тIалаб гьабиялда...

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Халкъалъего бокьулеб, х1урмат ц1ик1к1араб «Ас-салам» газетаги гьоркьоб ккун, баркала кьезе бокьун буго Лъарат1а районалъул Ц1умилухъ росулъа Г1алиев...

Ахирзаманалъе дару

Ахирзаманалъе дару

Гьанже киназго абулеб раг1ула гьаб заман ц1акъ квешаб бугин, цебе лъик1 бук1анин абун. Щиб гьабилеб, ахирзаманлъидал гьаб. Нилъеда бихьизе жо г1емер...

Ахират лъикIаб кьун батаги

Ахират лъикIаб кьун батаги

ЗахIматаб, халат бахъараб унтудалъун гIумруялдаса ятIалъана ЛъаратIа районалъул Начада росулъа мугIалим ГIалиева Загьират. Гьей гьаюна 1955 соналда,...

Кумекалъе ратаразе баркала

Кумекалъе ратаразе баркала

Балагь бачIараб мехалда гIадамазе хIалае ратиялдаса кIудияб гIаданлъи букIинаро ва гьединаб мехалда щвараб баркалаги кириги киналдасаго хирияблъунги...

Кiвар бугеб насих1ат

Кiвар бугеб насих1ат

Муса аварагасулги Хизрилги ккараб машгьураб къиса буго. Гьелъул магIнаги букIана БетIергьанас Муса авараг гьоркьовккун халкъалда бичIчIизаби бищунго...

Аллагьас  кумек гьабеги

Аллагьас кумек гьабеги

Ассаламу гIалайкум хирияб «Ассалам» казият. Бокьун буго ракIракIалъулаб баркала загьир гьабизе Шамил районалъул КъахIиб росулъ бугеб туберкулёзалъул...

Хабал гiазабалдаса кин цiунилел?

Хабал гiазабалдаса кин цiунилел?

Гьаб дунял тун ахираталъул рокъове унарев чи вукIунаро. ЛъикIалги уна, квешазги тола. Ахираталъул рокъоб тIоцебесеб дандчIвай ккола инсан хабалъ...

Конкурс тIобитIана

Конкурс тIобитIана

Новолак районалъул ЦIияб МелъелтIа росулъ цIалдохъабазда ва гIисинал лъималазда гьоркьоб тIобитIана «Ас-салам» газеталъул «Суал-жаваб» рубрикаялда...

Ракi унтун гiодани, беццаб бадисаги магiу бачiуна

Ракi унтун гiодани, беццаб бадисаги магiу бачiуна

Гьаб ахирзаманалъул унтилъун лъугьун буго щибго гъин-гIакъуба бихьичIого кинабго жо щвезе бокьи. БатIалъи гьечIо, магIишат-яшавги щибго къо...

Шамил кинав чи вукIарав?

Шамил кинав чи вукIарав?

Шамил имам вукIана чорхолъ витIарав, къуватав, тирияв, лебалав инсан. Цебе заманалдаги лъимал ругьун гьарулел рукIун руго гIужда речIчIизе,...

Шамил имам щив кколев

Шамил имам щив кколев

«Ас-салам» газеталда бахъун букIараб, «Шамил имам кинав чилъун нужеда лъалев» абураб суалалъе жаваб: Накъшубандияб тIарикъаталъул муршид,...

Накъшубандиязул адабал

Накъшубандиязул адабал

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел. БетIергьанасе буго гIорхъи гьечIеб рецц, нилъер халкъ битIараб нухда тIобитIизе хIакъикъиял устарзаби ва...

2025-05-15 (Зул КъагIида 1446 с.) №10.


Муфтияталъул хIалтIи - мунафикъзабазул магIу

Беццалгин гIинкъазда рагIулеб хIалалъ ХIалтIулеб бугебин нилъер муфтият, Балагье киналго, кинаб хIаракат Нилъер муфти АхIмад-афандил бугеб?   Муфтияталъул квер гIатIилъун буго, Гьарулел хIалтIаби гьарзалъун руго. ТIоцебе гIелмудул тадрисалъулги Буго цебетIураб хIалтIи...


КIудияб хIалбихьи ва рахIмат

ХIеж борхи ккола бищун кIудиял хIалбихьиязул цояб, ракIбацIцIадав муъминчиясе рахIматлъун лъугьунеб. Аллагьасул рукъалде, хIежалде ине ккани, къваригIуна мухIканаб хIадурлъи, материалияб гуребги, тIоцебесеб иргаялда, рухIияб рахъалъги. ХIеж ккола мунагьаздаса вацIцIине, гIумруялъул цIидасан пикру...


ГIумрудул пикраби…

ХIурматиял бусурбаби, нилъеца гIумру гьабун бугеб заманалъул, халкъалъул, тIабигIат-гIамалалъул хIисаб гьабидал, бихьулеб буго щивав чияс хIаракат бахъулеб букIин кигIан цIикIкIун кIваниги магIишат-яшавги гIемер гьабун, рахIаталда гIумру тIамизе. Узухъда, гьеб пикру квешаб бугин абизе рес гьечIо,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьудуллъи ва налъи   Гьудуласе къарзалъе кьун букIана гIарац. Байбихьуда гьес, къотIи-къаялда рекъон, бутIа-бутIа ккун бецIулаан налъи. Хадуб дагь-дагьккун къотIана, цинги тIубанго чIун хутIана. Гьел соназда жаниб гьес рукъги бан лъугIизабуна, машинаги босана, хIатта нижер цогидав гьудуласе...


ТIелекьа Ибрагьим-хIажи

(Байбихьи цебесеб номералда)   Бицен буго Ибрагьим-хIажияс кIиго нухалда хIеж гьабунилан. ТIоцебесеб нухалда хIежалде ана 1303 соналъ (1886), жиндир баркат Дагъистаналъул агьлуялъе камугеяв ГIасаса шайих ГIабдурахIман-хIажиясда цадахъ. Гьеб хIужа мухIканлъана ГIабдурахIман-хIажияс (къ.с.)...