Аслияб гьумералде

КIалбиччанкъоялъул хIурматалда

КIалбиччанкъоялъул хIурматалда

КIалбиччанкъоялъул хIурматалда

АрбагI къоялъ Шамил районалъул Ругъелда тIобитIана кIалбиччанкъоялъул хIурматалда къелдерил киналго росабазулги, хирияб къоялде шагьараздаса рачIаразулги данделъи. Гьелда гIахьаллъизе ахIун рукIана районалъул цо-цо росабалъа имамзабиги, исламиял гIалимзабиги. Гьединаб тадбир тIобитIи гIадатлъун лъугьунги буго. – Нилъеца, тIоцебесеб иргаялда, Аллагьасе реццги щукруги гьабизе ккола гьадинаб эркенлъиги кьун дин гьабизе нилъее кьурал ресаздаса, - ян байбихьана жиндирго кIалъай районалъул имам ГIизудиница. - Дун щвана чанго улкаялде. Гьаниб гIадин бацIцIадаб Аллагьасул фарзги, Аварагасул ﷺ суннаталги тIуралеб бакI дида батичIо.

 

Лъимал мадрасабазде ритIиялъул, гьениб гIелму малъизе бугел ресазул ва гьелъул бугеб кIудияб кIваралъул эбел-инсудехун хитIаб гьабуна муфтияталъул районалда бугеб просвещениялъул отделалъул нухмалъулев Зикрулаца. Исламияб гIелму малъунилан кинабгIаги квалквал букIунаро школалъул гIелмаби лъазаризегиян абуна гьес. Гьебго заманалда лъимал ругьун гьаризе кколила рукъалъул пайдаял хIалтIаби гьаризеги.

Рамазан моцIалъул хIакъалъулъ бицана гIалим МухIамад-Расулица, капараталъул хIакъалъулъ - Гьолокь росдал имам ГIалица. ТIарикъаталъул бицана Гъогъолъа МухIамад-ГIарипица. Гьес къокъабго баян кьуна арал гIасрабаздаса байбихьун тIарикъат цебетIеялъе къеркьарал исламалъул гIалимзабазе.

Данделъиялда пайдаяб калам гьабуна Къелеса гIалим ГIусман-хIажиясги.

Мажлисалда исламиял сценкаби рихьизаруна Ругъелда ясли-ахалъул гьитIичаз. Бищунго лъимал рохараб ишлъун букIана росдал имамас 40 къоялъ рогьалил какдеги таравихIаздеги хьвадарал лъималазул 15-ясе велосипедал сайгъат гьарураб мех.

Мажлисалда можоро тIамун, гIумраялде ине путевка бергьана Сомодаса ГIумаров МухIамадие.

Гьокьо-гьоркьоб ахIана мавлидал, рикIкIана назмаби.

Данделъи нухда бачана росдал имам Аюб ЗайнулгIабидовас.

 

Сайпула ГьитIинамухIамадов

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...