Аслияб гьумералде

КIудияб хIалбихьи ва рахIмат

КIудияб хIалбихьи ва рахIмат

ХIеж борхи ккола бищун кIудиял хIалбихьиязул цояб, ракIбацIцIадав муъминчиясе рахIматлъун лъугьунеб. Аллагьасул рукъалде, хIежалде ине ккани, къваригIуна мухIканаб хIадурлъи, материалияб гуребги, тIоцебесеб иргаялда, рухIияб рахъалъги. ХIеж ккола мунагьаздаса вацIцIине, гIумруялъул цIидасан пикру гьабизе ва цIилъун, гьанжего гьанже гьабураб лъимер гIадин тIадвуссун вачIине щолеб рес.

 

ТIоцебесеб ва бищунго аслияб шартI буго битIараб ният. ХIежалде унев чияс хIеж борхизе ккола цохIо Аллагь ﷻ разилъиялъе гIоло, гIадамаз рецц-бакъ гьабизе яги цогидал дунялиял мурадазе гIоло гуреб. МухIамад Аварагас ﷺ цебеккунго лъазабун букIана гIамалал ниятазда ран рукIунин ва рихьдае ялъуни гIадамазе гIоло хIежалде арасул хIаракаталъул кири букIунарилан.

ХIеж ккола хIалбихьи. Аза-азар чи, багIари, халатаб хьвади, тунка-гIуси – гьеб киналъего къваригIуна сабру. КIвар бугеб жо ккола ракIалда чIезабизе, ццин бахъиналъ яги дагIба-рагIиялъ лъикIал пишаби рацIцIине бегьулеблъи. Гьелъул бакIалда сабру, лъикIлъи ва бичIчIи бихьизабизе ккола. Киналго хIажизаби РахIманасул ﷻ гьалбал рукIиналъ щивав адаб-хIурматалъеги мустахIикъав вуго.

ХIежалде унезда гъорлъ кидаго рукIуна квербакъи къваригIарал - херал, унтарал яги свакарал. Кумекалъулаб квер битIи, гIодов чIезе бакI кьей, лъим бикьи – гьел руго гIицIго лъикIал ишал гурелги, хIежалъул цо бутIаялдасан. Аварагас ﷺ абуна: «ГIадамазул бищун лъикIал руго цогидазе пайда цIикIкIарал», - ян. Хасго кIвар бугеб жо ккола гьел хириял къояз гьеб ракIалда чIезаби.

ГIемерисезда ккола аслияб жо Маккаялде щвей бугин, амма хIакъикъаталда хIежалъул цIунизе кколел къагIидаби руго. Паризаял гIамалал (арканал) лъангутIиялъ яги ихIрамалда ругез гьукъарал жал гьариялдалъун хIеж хвезабизе рес буго. Гьединлъидал сапаралда цебе тIахьал цIализе лъикIаб буго - тIавафалдаса байбихьун жамараталда чIинхал речIчIиялде щвезегIан. Гьединго хIежалъул дарсазде хьвадун лекциязухъ гIенеккизе яги лъай бугел чагIазда цебеккунго гьикъизе лъикIаб буго, гъалатIал ккечIого рукIине.

ХIеж ккола черхалъул гуребги рухIиябги сапар. КIвар бугеб жо ккола ракIбацIцIадго мунагьаздаса тавбу гьаби, зулму гьабуразда тIаса лъугьаян гьари, киналго налъаби рецIи. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ къабул гьабуларо цогидазе зулму гьабурав чияс гьабураб гIибадат. Васият гьабизеги лъикIаб буго – гьеб суннатаб буго, хасго хIажичиясул тIурачIел жал ругони.

ХIакъикъияб хIеж рокъоре тIадру-ссиналдалъун лъугIуларо. Ният бацIцIадаб букIун батани, гьеб сапаралъ гьев абадиялъго хисизавула - ракI бацIцIад гьабула, иман щула гьабула, сабру гьабизе малъула. Аслияб жо буго гьеб хIал цIуни ва цере ккарал гъалатIазде руссинчIого рукIин.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...