Аслияб гьумералде

Мажидил ГIабдуллагьил гIумру

Мажидил ГIабдуллагьил гIумру

ЛъаратIа мухъалъул Анкьракьалъул Таш жама-гIаталда жанибе унеб ХIокьоб росу буго сверухълъиялда рагIараб, жанир цIаларал чагIиги рахъараб бакI.

 

Мисалалъе, ХIокьоб росулъ гIумру гьабуна, 1906 соналъ къадаралде щварав, динияв гIалимчи, тIарикъаталъул тIадегIанаб даражаялде вахарав Ташиса ХIасандибирица. Гьесул вас МухIаммаднаби, 1937 соналъ, динияв хIаракатчийиланги абун, жанив тIамана. Къурбандибирги ГIумардибирги, росабалъ имамлъи гьабулел рукIана ва талихIалъ гьеб къурбанлъиялдаса рорчIана. Буго ХIокьоб росулъ, 2017 соналъ цIигьабураб, ХIасандибир Ташиясул хIужраги, гьабула щибаб соналъ гьенибе ракьцояз зияратги.

Араб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда лъикIго машгьурлъана ХIокьоса Мажидил МухIаммадгIали. ГIемерал соназ гьабуна гьес дибирлъиги, гьединго бихьизабуна гIадамазда гьоркьоб дин щулалъизабиялъул хIаракатчилъиги. МухIаммадгIалил лъималги рахъана динги, гIадлуги, гIаданлъиги ккурал чагIи. Гьезул лъабго вац – МухIаммад, Ибрагьим ва ГIабдуллагь жакъа руго жидер мисал гIемераз босулел муъминзаби.

ХIокьоб росдал жамагIатчагIи

Мажидил ГIабдуллагь вуго гьабулеб ишалъе гьунар бугев чи. ГIабдуллагьица чанго соназ нухмалъи гьабуна, захIматал шартIазда гIадамаз гIумру гьабулеб ва гIаммаб магIишаталъул (совхоз) хIалтIи тIубазабулеб букIараб, Ташдил чанго росдал отделениялъе. КигIанго гIадамазе къабулаб гуреб ва гъираялда гьабулареб хIалтIи доб букIаниги, ГIабдуллагьихъа бажарулаан лъилго ракI хвезабичIого тIадкъаял тIуразаризе.

Гьелдаса хадубги, пуланал соназ ГIабдуллагь росдал жамагIатаз вихьизавуна бакIалъулаб нухмалъиялде кандидатлъун. Гьес бетIерлъи гьабураб щуго соналда жаниб Начада росдал (гьелда жанибе уна щуго росу) администрациялъ тIуразаруна гIемерал кIвар бугел хIалтIаби: рахъана росабалъе нухал, рана кьоял, бачана жамгIиял бакIазде ток.

Гьанже доб колхоз-совхоз хIалтIизабулеб заманги ракIалде щвезабулаго, ГIабдуллагьица абуна, я Аллагьасе гуреб я гIадамазе гуреб захIмат баччанила магIарухъ гIадамаз колхоз-совхозалда хIалтIун.

Сонал гIун гIумруялъул завалалде вахиндал, ГIабдуллагьица БетIергьанас кьураб гьунар Гьесиего хIелун, ахираталда жиндие батулеб баракатаб ишалъе хIалтIизабуна. ГIабдуллагь вуго, мунагьал чураяв жиндир эменго гIадин, зикру бачин бугониги, къулгьу гьаби батаниги диниял ишазеги, лъие, кив, кида къваригIаниги хIажатазе кумекалъе вахъун чIолев муъминчи.

Аллагьас гьесул гьабулеб ишалда баракат лъеги.

 

 

ГIали МухIаммадов, МахIачхъала шагьар

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...