Аслияб гьумералде

ХIабшадерил мажлис

ХIабшадерил мажлис

ХIабшадерил мажлис

Цолъи буго жакъа бусурбабазе гIолареб жо. Нилъ цолъиялъулъ буго къуват ва щулалъи. Щаклъи гьечIо, нилъ данделъиялъулъ бугеб пайдаялдаги.

Гьединлъидалин ТIадегIанав Аллагьас I Къуръаналда абураб: «Нужеца Аллагьасул I дин ккве ва рикьуге», - ян. Гьеб ахIиялда гъоркь ХIабщиб росулъ тIобитIана мажлис. ГIахьаллъи гьабизе аскIор ругел росабалъа ва муфтияталдаса гьалбалги рачIана.

Мажлис байбихьана Къуръан цIалиялдаса. Хадуб кIалъазе вахъана ЧIикIаб росдал имам Муслим. Муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас бицана халкъалда гьоркьор тIиритIулел ругел унтабазул, хасго лъазабуна нилъерго лъималазухъ халгьабеян ва гьезие кколеб исламияб лъай кьеян. Жакъа къоялъ нилъеда бихьулеб буго лъималазул кколел балагьал. Лъаялъги ва лъикIаб тарбиялъги кIола гьел цIунизеян абуна гьес.

Гьединго кIалъана Къадар росдал имам Муса Жаватхановги. Гьес бицана гьудуллъиялъул хIакъалъулъ. ТIад вугев чиясухъ гIенеккизе кколеблъиялъул бицана муфтияталъул Буйнакск районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдуллагь Сахаватовас.

Гьелде инкар кколезе бачана Къуръаналъул аят: «Нуж мутIигIлъе ТIадегIанав Аллагьасе ва аварагасе ва нужеда тIад тарал чагIазе», - ян абураб. Цинги байбихьана спортивиял къецал. Бергьаразе кьуна шапакъатал.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...