Аслияб гьумералде

Ахирзаманалъе дару

Ахирзаманалъе дару

Гьанже киназго абулеб раг1ула гьаб заман ц1акъ квешаб бугин, цебе лъик1 бук1анин абун. Щиб гьабилеб, ахирзаманлъидал гьаб. Нилъеда бихьизе жо г1емер буго. Гьанже бихьулебги дагьаб гьеч1ониги, дагьабги нахъа вугев чиясда бихьизе жеги г1емераб буго.

Бичасул аварагас хирияб х1адисалда абулеб буго: «Цоцазе лъик1алдалъун амру ва квешалдалъун нагью гьаби. Нужеда бихьараб заманалда жиндие мут1иг1лъулеб къарумлъи, инсан нахъвилълъунеб нафс, цогидаб жоялдаса дунял т1аса бищи, щивав чи жиндир пикруялда г1ажаиблъи. Гьеб мехалъ дурго нафсалда т1адч1ей гьабе, г1адамалги жалго те. Нужеда рихьизе ругел къоял руго жиндилъ сабру гьаби ц1улал т1урччи кодоб кквеялда бащадал. Гьеб заманалда г1амал гьабурасе к1икъоялда анц1го чиясул г1амалалда бащалъула», – ян.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

Гьединаб заманалда г1емерал г1адамал лъугьуна рит1ухълъи ч1езабизейин, г1адлу бит1изабизейин, ккара-таралъул х1исаб гьабизейин абун. Щибго гьабич1ого кинабго рехун тейин абураб мурадги гуро гьаниб. Амма лъугьунареб, бажарулареб жо гьабизейин лъугьинги бит1араб г1акълу бук1унаро.

Щибха гьабилеб гьеб заманалдайин абураб суал баккула.

Гьединаб заманалда киназулго г1адат буго ккара-таралда сверун г1емераб хабар халат гьабулеб. Гьелдалъун мурадги щибго х1акъикъат лъай яги бит1араб загьир гьаби гуреб, щибго пайда гьеч1ого рак1гъеялъе хабар бицунеб бук1уна. Гьединал ишазги дагьабги питна бекьи гурони т1ок1аб пайда кьоларо. Гьанжеги баккула гьебго суал, щиб гьабилебин абураб. Гьелъие жаваб кьолеб буго т1адехун рехсараб х1адисалда. Гьениб абулеб буго гьаб пасатаб заманалда жиндирго рокъовги вук1ун г1ибадаталда ч1ей хирияб бугин абун.

Гьеб суал буго гьаб заманалда бищунго рехун тараб. Нилъеца кинабго пайдаяб заман хвезабулелб буго г1ададисел ишазда, хасго телефоназде руссун. Гьелда жанибго гъобго гъибат-бугьтанги бук1уна. Г1ибадаталда хвезабизе заман лъилг1аги батулебго гьеч1о. Лъиего балъгояб жо гуро гьел телефоназул кумекалдалъун щибго пайда гьеч1ел харбал т1ирит1изарулеллъи. Гьелдалъун жеги питна ц1ик1к1ун, хабар г1емерлъун гурони бат1ияб х1асилги кколаро.

Гьединлъидал, диналъул агьлу, нилъер к1иябго рукъалъул хвасарлъи буго Аллагьасе гьабулеб г1емераб г1ибадаталда жаниб. Г1ибадат гьабулев чи Бет1ергьанас ц1унула мунагьаздасаги. Гьесул заман бук1унаро къвариг1ел гьеч1ел ишаздеги.

Цоги х1адисалда буго: «Питна т1ибит1араб заманалда г1ибадаталда ч1ей дихъе (аварагасухъе) гьижра гьабиялда релълъун буго», – ян.

Цоги нухалъ т1адвуссун абилин, гьаб заманалда нилъер г1ибадат кутакалда дагьлъун буго. Гьелда щаклъарав чи ватани, х1исаб гьабизе бегьула жиндирго г1умруялъул. Киг1ан заман сунда т1ад хвезабулеб бугебали балагьани, мух1канлъила щивасе жиндирго г1адада унеб заман.

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...


Аварагасги ﷺ тIадчIей гьабулеб букIараб

Къунуталъ (магьдина) какилъ хасаб бакI ккола ва гьеб ккола ШафигIияб мазгьабалда бищунго кIвар бугел суннатазул цояб. Гьеб буго рогьалил какил кIиабилеб ракагIаталда, рукугIалдаса хадуб цIалулеб хасаб дугIа. Гьединго къунут цIалула витрулъул какда, рамазан моцIалъул ахирисеб бутIаялда ва балагь...


ТIаса лъугьайин гьарилищ?

Гъибат-бугьтан гьаби ккола мацIалъ гьарулел мунагьазул бищунго гIемеразул цояб. ГIемерисеб мехалъ инсанас бигьаго абула диналъул вацасул яги яцалъул хIакъалъулъ рагIаби, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьеб мунагь кигIан кIудияб букIине бегьулебали хIисаб гьабичIого.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...


Шамил районалъулал данделъана

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана гӀолилалги, умумулги, жамгӀиятги данде гьабураб Шамил районалъул гӀадамазул данделъи. Аслиял темабилъун рукӀана гIолилал наркоманиялдаса цӀуни, рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул бицин. КIалъазе рахъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀи,...


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...