Аслияб гьумералде

ЛъикIав бегавул

ЛъикIав бегавул

ЛъикIав бегавул

Казбек районалъул Ленинаул росулъ гIумру гьабун руго магIарулал, гIавухъал, даргиял, лакал ва цогидалги миллатазул вакилзаби.

 

Гьединаб росдае нухмалъи гьабиги расги бигьаяб иш гуро. Амма, бакIарун жамагIатгун, росулъ тIоритIулел диниял тадбиразулъ гIахьаллъи гьабулев бегавул вуго Эсенбиев Гъайирсултан.  БатIи-батIиял суалалгун щибаб къойил анцI-анцI чи къабул гьавула гьес, кIвар кьун, сабруялда гIенеккула щивасухъ ва щивасул мурад тIубазе хIаракатги бахъула.

Гъайирсултанил нухмалъиялда гъоркь гIемерал хIалтIабиги гьаруна росулъ. Масала, нухал гьари, токалъул хIубал хиси, аслияб къватIалде хъил тIей, канализация гьаби ва цогидабги. Рохизе бачIуна росуахаде щвезегIан, росдал гъоркьияб рахъалда тротуарги гьабун, лъугьун бугеб санагIалъиялдасаги.

КIвахI гьечIел, бегавуласе бокьараб бакIалда кумекалъе ратулел специалистал руго администрациялда.

Росулъ балеб буго ясазе - рухIияб центр, кIиго авал-мажгит, кIиялго мажгитазда - васазеги ясазеги мадрасаби. Гьенибги Эсенбиевасулги хIалтIухъабазулги къойилаб кумек букIуна.

Гьеб киналъухъго баркала буго гьезие. Аллагь разилъаги киназдасаго. Амин.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...