Аслияб гьумералде

Риидалил къо

Риидалил къо

Риидалил къо

ЛъикIаб гIадатлъун лъугьун буго Шамил районалъул ТIогьохъ росдал гIадамазул щибаб санайил, магIарухъеги рачIун, шагьаралда ругелгун цадахъ росдал къо тIобитIулеб, хварал ракIалде щвезарулеб. ГIадамазул рукIа-рахъиналъулъ ккарал лъикIал-квешал рахъал дандралел.

Гьаб нухалъ магIарухъа ана росуцоял шагьаралда ругелгун данделъизе. ДандчIвай букIана Буйнакск районалъул Гирай-авлахъалдаса рикIкIад гьечIеб рохьил рагIалда.

Данделъиялъе гьабун букIана кIудияб хIадурлъи, чIезабун букIана батIи-батIияб квен-тIех. Гьеб данделъиялъе жигар бахъана росдал имам ШейхмухIаммадов Абубакарица, гIолохъанаб гIелалъул гIуцIарухъан ГIабдурашидов МухIаммадицагун цогидазги. Данделъи нухда бачана МуртазагIалиев Жамалудиница.

Росдал тарих ва гьелъул тIабигIаталъул бицун кIалъана учитель ГIабдусаламов ХIажимурад. ТIогьохъ росдал къватIал бетон тIун, бакьулъан лъим чвахизе маххул рогIрал лъун, гьабулеб бугеб хIалтIул бицун ва хIажатаб сурсаталъе росдал жамагIаталъул хIаракаталъул, районалъе нухмалъулезул гьелъулъ бугеб кумекалъул бицана райсобраниялъул депутат ИбрагьимхIажиев ГIалиасхIабица. Эбел-инсул мацI лъималазда, хасго шагьаразда ругез бицине ккеялъул ва Украиналда ругел гIолохъабазе сахлъи гьарана МухIаммаднабиев Загьирбегица.

Росдал имам Абубакарица ва районалъул имамзабазул советалъул вакил ГIарипов МухIаммадица гьабуна цIакъ пайдаяб къалъай. Гьез ахIана данделъарал ВатIан бокьиялде, лъикIал гIадатал цIунизе, Дагъистаналъул имамзабаздаса ва гьезул букIараб гIумруялдаса мисал босулеллъун, дин-ислам щулаго кколеллъун рукIине.

ГIахьаллъаразда гьоркьоб гьабуна Шамил имамасул гIумруялдаса цIехон суал-жавабал, тIоритIана спортивиял къецал. Бергьаразе кьуна грамотабигун сайгъатал. Берцинаб къагIидалда данделъи нухда бачаразе росдал бегавул МухIаммадица баркалаги загьир гьабуна.

Загьирбег МухIаммаднабиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...