Аслияб гьумералде

Хабалазда рацIцIалъи гьабуна

Хабалазда рацIцIалъи гьабуна

Шагьаралдаса росулъе щварав дун рузман къоялъ радал хабалазде, зияраталъ щвана. Хабалазул рагIалде щведал, гьениб гьабун батараб рацIцIа-ракъалъи бихьидал, черхалъе батIияб хIал лъугьана.

 

Росулъа гIемерисел гIадамалги гIатIиракьалде гочун, рехун тарал гIадин лъугьун рукIарал хабалазе рацIцIа-ракъалъи гьабун бугоан жидедаса Аллагь разилъаял яцал Хатиматицаги Хадижатицаги.

БетIергьанасул рахъалдасан кириги, хваразул ва чIагоязул рахъалдасан баркалаги бугеб лъикIаб хIалтIухъ гьел яцазе росдал жамагIаталъ гьарулеб буго чорхое сахлъиги халатаб гIумруги.

Аллагь разилъаги нужедаса, лъимал-хъизамаздаса рохунги хутIаги.

 

 

Шамил районалъул ХIорода росдал жамагIат

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...