Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ веццун назму

Авараг ﷺ веццун назму

Авараг ﷺ веццун назму

Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росдал цIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIана, свалат-салам лъеяв авараг веццун назму гьабиялда тIасан къецал. Гьелда гIахьаллъи гьабуна 50-ялдасаги цIикIкIун чияс.

 

Гьединго къецазда гIахьаллъи гьабуна росдал имам СалихIов СалихIица ва Хунзахъ районалъул гIолилазул гIуцIиялъул нухмалъулев Шамхалов Сайфулагьица.

Щивасул рукIана махщалида гьарурал байтал. Кинниги гьезда гьоркьоб тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана 6-абилеб классалъул цIалдохъан ГIабдулхIалимов Юнус. КIиабилеб бакI щвана 8-абилеб классалъул цIалдохъан ХIасанов МухIаммадие. Лъабабилеб бакI ккуна 8-абилеб классалъул цIалдохъан ХIусенова ХIалиматица.

Бергьаразе кьуна сайгъаталги. Масала, тIоцебесеб бакI ккурасе анцIазарго гъурущ, кIиабилеб бакIалъухъ - анкьазарго гъурущ ва лъабабилеб бакI щваралъе - щуазарго гъурущ.

 

Дир авараг ﷺ

Дир авараг МухIаммад ﷺ,

Щибаб рецц Аллагьасе

Иманалда ратидал.

Дир авараг МухIаммад ﷺ,

РахIматлъун кьун ватидал.

АлхIамдулиллагь жеги,

Дун гьесул умматалъул,

Щукру дуе, БетIергьан,

Щаклъизе бакI гьечIелъул.

АхIмад ﷺ жанив гьавураб

РабигIул аввал дие,

Дунял дица тезегIан те,

Аллагь, гьеб Дур нигIматлъун.

ВихьичIого вокьарав,

РагIичIого урхъарав,

Ваче, Аллагь, нухдасан,

ЦохIо Расул хьвадараб.

Хьихье, Аллагь дуца ниж,

Иманалда гIумру ун,

Авараг разилъулеб

ГIамалги нижее кьун.

Даимаб, абадияб,

Берцинаб тIабигIатги,

ТIаса ин гьечIеб пагьму,

Гьарула, насиб гьабе.

Дир хирияв авараг,

Уммат хирияв ХIабиб,

ХIисаб гьабулеб къоялъ,

Восе дун шапагIаталъ.

 

Юнус ГIабдулхIалимов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....