Аслияб гьумералде

Рогьалил как - имамасда цадахъ

Рогьалил как - имамасда цадахъ 

Рогьалил как - имамасда цадахъ

Гъизилюрт районалъул Султанянгъиюрт росдал школлъималазда гьоркьоб лъазабун буго «40 къоялъ рогьалил как имамасда цадахъ» абураб конкурс.

 

Гьелда гIахьаллъи гьабулеб буго нусгоялдасаги цIикIкIун лъимералъ. ГIадатиял къояз лъималаз как бала жидер минабазда аскIор ругел авал-мажгитахъ, гьатIаналъин абуни киналго рачIуна аслияб мажгиталде.

Гьеб къоялъ росдал имамас лъималазе гьарула батIи-батIиял конкурсал, жамагIатчагIаз чIезабун букIуна кваназе гьуинлъаби, чай, кофе.

Иргадулаб нухалда лъималазда дандчIвай гьабизе вачIун вукIана шаргIиял гIелмабазул доктор Аргъваниса МухIаммад.

Гьединал данделъабаздаса лъималги цIакъ рази руго.

ЦIараб заман лъугIидал тIобитIизе буго хIасил гьабиялъул тадбир ва можоро бергьаразе кьезе руго шапакъатал.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...