Аслияб гьумералде

Баркала, имам

Баркала, имам

Ниж руго Хасавюрталда гIумру гьабун ругел Унсоколо районалъул Бекьилъ росдал жамагIат. Хасавюрталда гIумру гьабулел ругелдаса буго 60-ялдасаги цIикIкIун сонги. Нижее бокьун буго, казият гьоркьобккун, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе росдал имам ХIажие.

Гьесул кумекалдалъун гьабулеб буго кIудияб хIалтIи, росдал гIадамазе лъола дарсал. Радал дарсазде уна гIисинал ясал, къалъудаса хадур васал, маркIачIуда – бихьинал, боголида - руччаби. ГIисинал васазегун бихьиназе дарсал кьола имам ХIажица, руччабазе дарсал кьола ХасмухIаммадил яс Аминатица, гIисинал ясазе - Мухтарил яс ПатIиматица. Мажгиталда хIалтIи гьаби гуребги ХIажица росулъги гьабула бажарараб хIалтIи, унтаразухъе щола, къварилъи ккаразда аскIов эхетула. Ниж ХIажидаса кутакалда разиял руго, Аллагь разилъаги гьесдаса, рекIел мурадал тIураги.

БЕКЬДЕРИЛ ЖАМАГIАТ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...