Аслияб гьумералде

Тохтур ГIабдулагь

Тохтур ГIабдулагь

Тохтур ГIабдулагь

Унтиялъ кIвекIулев вукIун, гьелъие дару-дарман балагьулаго, дун ккана Василевскиясул цIаралда бугеб медицинаялъул институталде. Гьениб дир унта-шокълъиялъухъ балагьулев тохтурлъун ккана нилъерго ракьцояв Сугъралъа Чимиев ГIабдулагь. Гьесул бугеб лъаялъулги гIаданлъиялъулги бицун бажариларо, гьев ватана кутакалда лъикIав тохтур. Гьединлъидал бокьун буго гьесие баркала загьир гьабизеги.

 

Гьай дир, гьудул, ГIабдулагь,

ХIалчIахъаяв тохтур,

«Мун гIадав лъугьинчIони

Инсанасул пайда щиб».

 

Гьай дир, гьудул, ГIабдулагь,

ХIикмат гIемерав гIалим.

Дуй гIадин рагьичIони

ГIелмуялъул пайда щиб.

 

Гьай дир, гьудул, ГIабдулагь,

Унта-щокъалъул устар.

Щвалде щвараб камиллъи

Киса дуца босараб?

 

Гьай дир, гьудул, ГIабдулагь,

Халкъалъе цIакъ хирияв,

Гьеб гIамалгун тIабигIат

Лъица дуда малъараб?

 

Гьай дир, гьудул, ГIабдулагь,

РитIухълъи цIакъ бокьулев.

Пагьмуялъул рахъалъан

Лъил кумек дуе щвараб?

 

Гьай дир, гьудул, ГIабдулагь,

ГурхIел-рахIму гIемерав,

Кьураб рагIи тIубазе

ЦIодорлъи киб батараб?

 

ГIелму камил гьабизе

Кивехунго гьав щвана,

Унтаби баян гьарун

ГIурус ракьалде ана.

 

Гьениб гIелму батана,

ГIалимзаби рихьана,

ГIелму гъварид гьабуна,

ГIакълуги камиллъана.

Аллагьас кумек гьабеги дуе, ГIабдулагь, гIадамазе кумекалъе кидаго вахъаравлъун вукIине. Ниж, унтаразе, гьабураб вагъа-вачариги Къиямасеб къоялъ хIажаталъуб батаги.

 

Садрудин Якъупов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...