Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьудуллъи ва налъи

 

Гьудуласе къарзалъе кьун букIана гIарац. Байбихьуда гьес, къотIи-къаялда рекъон, бутIа-бутIа ккун бецIулаан налъи. Хадуб дагь-дагьккун къотIана, цинги тIубанго чIун хутIана. Гьел соназда жаниб гьес рукъги бан лъугIизабуна, машинаги босана, хIатта нижер цогидав гьудуласе къарзалъе гIарацги кьуна. Налъул цIар бахъидал, дун махсараде кквезе лъугьуна гIарац «обороталда» бугинги абун. Гьедин ана лъабго сон.

Цо къоялъ дида лъана дир рикIкIадаб гIагарлъиялъул гIадан ячине гьесие бокьун букIин. Нижер гьудуллъиялъул хIакъалъулъ лъалев гьелъул инсуца дида цIех-рех гьабуна. Амма нижер гьудуллъи хутIун гьечIо, дица гьев рикIкIуна божилъи гьечIев кIигьумерчилъун ва ракIбацIцIадго абуни, дие бокьун гьечIо гIагарай яс гьесие росасе ине. Цогидаб рахъалдасанги хIинкъунги вуго гьесулгун дир ккараб лъугьа-бахъиналдалъун гьезул хъизамалъул талихI хвезабизеги. Щиб гьабизе кколеб?

 

Хирачи, МахIачхъала

 

 

ГIалимчиясул жаваб

Жакъа гIемерисел руго я налъулал, я налъуда кьолел. Кьолезул рекIелъ божилъи гьечIолъи букIуна, жидерго мал-мулкалда хIинкъун. Налъулаз гIарац кьезе кколеб болжал нахъбахъула, жидерго гIарцудаса ратIалъизе бокьичIого. Гьеб кинабго ккола гIадамаз къотIи-къай гьабулеб мехалда шартIал цIунунгутIи.

Къуръаналда бищунго халатаб аят ккола сура «Ал-Бакъараталъул» 282-абилеб аят. Гьелда абула «Налъул аят» абун. Гьениб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ мухIканго баян гьабун буго кин налъи босизе кколебали, даран кин гьабилебали. НалъутIа гIарац босулаго ва кьолаго гьабураб къотIи-къай кагътиде босизе лъикIаб буго. Гьениб бихьизабула налъул къадар, гьеб бецIизе кколеб заман, къотIи-къаялъул рахъазул ва нугIзазул гъулбасал, хадубккун дагIба-рагIи ва бичIчIунгутIи ккечIого букIине.

Гьединаб хъвараб къотIи-къай гьаби тIадаб шартIлъун рикIкIунаан салафу-салихIуназ. Амма хъвараб къотIи-къай гьабизе тIадаблъи нахъе бахъана суратул «Бакъараталъул» 283-абилеб аяталъ. Гьениб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Нуж сапаралда рукIун нужее хъвалев чи щвечIони, нужеца гъоркьлъалие жо кье. Нуж цоцада божани ва хъвачIого, нугI гьечIого, гъоркь жо лъечIого налъи гьабун бугони, нужеца цоцазе гьабураб къотIи хвезабуге ва аманатги тIубай. Гьелъулъ хиянат гьабизе Аллагьасукьа ﷻ хIинкъа…», - ян.

Гьединго гIемерал руго Аварагасул ﷺ хIадисал, налъи кьезе ва бецIизе кколеб куц баян гьабулел. Гьеб кинабго кIочон тараб мехалда раккула масъалаби.

Гьудуласдехун квешаб пикру гьабиялдаса дуеги лъикIаб букIина налъи бецIи тIалаб гьаби. РакIбацIцIадаб гара-чIвариялъ нужее жавабал кьезе руго гIемерал суалазе, гьездаго гьоркьоб гIагарай яс гьединав чиясе росасе кьезе бегьулищ абуралъеги. КIванагIан хехго гьабе гьудуласе насихIат ва хIаракат бахъе гьудуллъи цIунизе.

 

Психологасул жаваб

ГIемерал соназ дуца гьев чиясе изну кьун буго дурго интересал кIвар кьечIого тезе, налъи бецIи нахъбахъизе, гIарац жиндираблъунго гьесда бихьизе. Гьанжейин абуни, гьес жиндиего гIарац харж гьабулеб мехалда (рукъ, машина, цогидазе кумек) ва дуда «обороталъул» бицунелъул, гьеб гIарцул суалцин гуро, гьеб ккола дурго адаб-хIурматалъул суал.

Заман щун буго бичIчIизе тамахлъиялъ мун махIрум гьавулев вукIин ццим бахъинабиялъул ва къвакIиялъул ихтияралдаса. Бугеб куцалъ абизе хIинкъула мун, щайгурелъул, дуда ккун буго хIеренго абуни, нахъбахъани, хIехьани, гьоркьоблъи хвасар гьабизе бегьулин абун. Амма кинаб гьоркьоблъи гьеб кколеб? Гьес дур тамахлъи къабул гьабулеб буго загIиплъи хIисабалда.

ТIоцебесеб иргаялда, гьесие бокьухъе тезе бегьуларо. ЧIванкъотIун абизе ккола налъи тIадбуссинабизе заман щун бугин ва пуланаб къоялде щвезегIан гьеб нахъбуссинабеян абун.

ДагIба-рагIиялде лъугьунге, багьанабазухъ гIенеккуге, гIицIго тIалаб лъазабе. Гьес жаваб кьечIого чIезе хIаракат бахъани, цIидасан гьебго жо такрар гьабе.

Гьесул гIумруялъул жавабчилъи тIаде босизе дуца кколаро. Дур пикру цIехолеб бугони, абе нижер рагIалде бахъинчIеб гIарцул суал бугин, дида кIоларин гьев рагIи кколев чи вугин абизе. Гьезул хIукму тIокIаб нужер жавабчилъиялда гъоркь гьечIо. Лъазе ккола: дуца гьоркьоблъи хвезабулеб гьечIо, гьеб хвезабулеб буго гьесул ишаз. Дур масъала ккола гьесда лъикIавлъун вихьи гуреб, дурго адаб-хIурмат цIуни.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...