Аслияб гьумералде

Баркалаялъул калам

Баркалаялъул калам

Дун ккола 67 сонил ригьалде яхарай Унсоколо росулъа Зубаирова АгIишат. 2023 соналъул 17 январалда егизе ана МахIачхъалаялда бугеб кардиологиялъулаб больницалде. Гьениб дие гьабуна коронораграфия. Гьелъ бихьизабуна дие бугеб гIузруги. Гьениб ичIго къоги бан дун рокъое йитIана, росулъе инчIого, шагьаралда йикIиналъул къотIиялда.

 

Гьез абун букIана ревматологасухъеги, гемотологасухъеги айиланги. Ревмотологалъ дир анализал ритIана Москваялде. Гьелдаса хадуб рокъоб кIиго моцIгIанасеб заманалъ гьабуна дару, цинги кIиабизеги ритIана анализал Москваялде. Анализазул лъикIаб хIасил букIун батилаха, 22 марталъ дун ахIана операция гьабизе. Амма хIатIал гьорон рукIиналъ дун ячана реанимациялъул отделениялде ва цинги микьабилеб къоялъ ячана операция гьабизе.

Операция гьабулаго дир ракI чIун букIун буго, бидурихьалъул кIалтIа тромбги лъугьун. Гьеб тромб бахъун буго лезги миллаталъул тохтур-реаниматолог Рамазанов Кахриманица. Дун рекIеде ячIун хадуб гьес абуна кинабго ТIадегIанасул иш бугин, тохтурзабиги Аллагьас сабабалъе тIамурал ругин абун.

Аллагьасул гурхIелалдалъун, тохтурзабазул кумекалдалъун дун тIаде яхъана, рецц БетIергьан Аллагьасе, АлхIамдулиллагь.

Гьанже дие бокьун буго, казият гьоркьобккун, баркала загьир гьабизе отделениялъул заведующий Насрулла МухIамадовичасе, тохтур Зумурат МухIамадовналъе, директор МахIачев ГIусмание, бетIерав тохтур Абакаров Абакарие, реанимациялъул отделалъул заведующий Шахнавазов АхIмадхание, тохтур-реаниматолог Мучалова ПатIиматие, рентгенхирург ГIабасов Физулие, рентгенхирург ГIусманов ГIусмание, тохтур-реанимотолог МухIамадова Альбинае, медсестраби - Къадирова Асиятие, ГIабдулгIазизова Муъминатие, ХIажиева Хадижатие, Чаканаева Асиятие.

ДунгIадин Аллагьги разилъаги гьездаса.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...