Аслияб гьумералде

ЖамагIат рази буго

ЖамагIат рази буго

Ахирал соназда нижер Шамил районалъул ХIорода росулъа гIемерал гIадамал гIатIиракьалде гочана. Кире гочаниги, кире аниги жалго рижараб ва гIураб росу-ракь кIочонарел ва магIарухъ бугеб квешаб-лъикIалде бербалагьи бугел диналъул вацал гIемер руго.

 

Гьединаздасан ккола гIатIиракьалда гIумру гьабун ругел ХIамзат ва МухIаммадзагьид. МагIарухъе рачIараб мехалда мажгиталда жанибги сверухълъиялдаги гIемераб хIалтIи гьабуна гьез.

Гьанже гьез тIаде босун буго цIигьабун бараб мажгиталъул михIмар къачIазе, лъуна гордал ва нуцIа. Гьез рагIи кьун буго михIмаралда сверун гьабулеб хIалтIи кIалбиччанкъоялде лъугIизабизе. Гьезул лъикIаб хIалтIудаса жамагIатги рази буго.

 

ХIажимухIаммадил МуртазагIали

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...