Аслияб гьумералде

Баркала махщалилал тохтурзабазе

Баркала махщалилал тохтурзабазе

Баркала махщалилал тохтурзабазе

Ассаламу гIалайкум, хIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция. Газета гьоркьобккун бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе МахIачхъалаялъул Максим Горькиясул къотIноб бугеб республикаялъулаб стоматологиялъул клиникаялъул коллективалъе.

Дун чанги нухалда цаби къачIазе тохтурзабахъе ине ккана, амма гьаб нухалда дица рехсараб клиникаялда ватана гIажаибго хIеренав, унтарасул хIал бичIчIулев тохтур. Дир буго 76 сон. Гьединлъидал, бокьун буго дирго хирияб газета «Ас-саламалдасан» ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе ЛъаратIа районалъул Къардиб росулъа КъурамухIаммадов Дибирие ва медсестра МухIаммадова Калиматие.

Аллагь разилъаги нужедаса ва гьарула нужее гьабулеб хIалтIулъ битIккей, гIумрудулъ рохел, лъимал-хъизамазе щулияб сахлъи.

Алипат МухIаммадова, Ленинкент поселок

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...