Аслияб гьумералде

Яшав лъикiлъизе бокьани…

Яшав лъикiлъизе бокьани…

ГIадамазда гьоркьоб цIакъ машгьураб жо буго гьабулеб иш цебе унеб гьечIолъиялда бан зигарди. Гьединаб хIал кидаго букIине кколеб жоги гуро. Амма нилъеца гьарулел мунагьазул хIасилалда тIаде бачIараблъун ккола гьеб.

Нилъерго гIумруялъул, гьабулеб ишпишаялъул хIисаб гьабидал, мунагь гьабулареб, Аллагьасдаса гъапуллъичIеб заман гIемер батуларо. Гьедин нилъги рукIаго, гьабулебщинаб лъикI ккезе бокьунги рукIуна. Гьеб буго кутакалда мекъаб, хIатта абила къабихIаб иш бугин. Щайгурелъул кидаго гIибадат гьабиялде нилъ ахIулев Аллагьги вукIаго, Гьесдасаги машгъуллъун цебе ккара-ккараб гьабулел ругел гIадамазул цогидал ишал кин цере ине рес бугеб?

Хирияб хIадисалда буго: «Истигъфар гьабиялда тIадчIарав чиясе кинабниги ургъалидаса бигьалъи, кинабго захIмалъиялдаса хвасарлъи Аллагьас гьабула ва ракIалдаго букIинчIеб рахъалдаса ризкъиги кьола», – ян.

Балагьеха, бусурбаби, нилъецаго гьарурал мунагьал рахчейин, гьезда тIаса лъугьайин абун Аллагьасда гьариялъухъ нилъее кьолеб бугебщинаб жоялде.

Хирияб Къуръаналда буго: «Нужеца БетIергьанасда гьаре нужерго мунагьал чури, Жинда гьеб гьараразул тавбу къабул гьабулев вуго Гьев. Гьедин гьабуни Аллагьас нужее зодосан цIад баялдалъун тIатIалаго нигIматги кьела. Нужер боцIимагIишат ва лъималги гIемер гьарила. Ахал-хурзал, гIорал гьарза гьарила», – ян (сура «НухI», 10-12 аятал).

Гьаб буго НухI аварагас жиндирго къавмалде гьабураб хитIаб. Гьаб аяталдасан баянго бичIчIулеб буго дунялалъул магIишат-яшав битIи, гьеб цIикIкIин мунагьал чури гьари гIемер гьабиялда жаниб бахчараб букIин. КигIан гIемер истигъфар гьабуниги гьедигIан къадаралда гIумру-яшав лъикIлъула бусурбабазул. Кидаго мунагьал чурагийин гьарулев чи мунагьго гьечIесда релълъинарищ. Хирияб хIадисалда буго, мунагьалдаса тавбу гьабулев мунагьго гьечIесда релълъун вугин абун.

Гьелде тIадеги абулеб буго, мунагьал гьечIев чиясул дугIаялъе нахъчIвайги букIунарин абун. Гьесул яшав мунагьго кколарел малаикзабазда релълъун букIунинги буго. Мунагьазулъ вуцунги вукIаго, дугIа къабуллъи букIунарин буго, щайгурелъул, нилъеда БетIергьанас абулеб буго мунагьал гьаругейин абун. Нилъеца Гьесул ахIуе жавабги гьабичIони, гьелда ракI бухIун тавбуги гьабичIони, нилъер гьариялъеги Гьес жаваб гьабуларила. Нагагь гьабуниги гьебги нилъ гуккиялъе букIунила.

Диналъул агьлу, мунагьалде кколарев чи цохIо аварагзаби гурони гьечIо. Цогидал гIадамал рижун руго гъалатIал кколеллъун, мекъал ишал жидее гьуиналлъун. Гьелдаса тавбу гьаби дарулъунги бихьизабун буго. Дару хIалтIизабуларев, тохтурасул малъи гIадахъ босуларев унтарасул къисмат лъаларев чи ватиларо нилъеда гьоркьов цониги.

Цоги хIадисалда буго: «РакIалъеги буго пахьулго гIадаб кьаву. Гьелдаса бацIцIад гьаби ккола истигъфар гьаби», – ян.

РачIа, диналъул вацал, хIалкIун гIемер гьабилин нилъедаса ккарал мунагьаздаса истигъфар!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...