Аслияб гьумералде

Мисал босизе мустахIикъав

Мисал босизе мустахIикъав

Мисал босизе мустахIикъав

Диналъ тIад гьабураб кьуричIого тIубалев чи вуго ШайихмухIамадов Шамил. Гьесул эмен Анайил МухIаммадги вуго жигарав хIаракатчи, гӀемерал гӀалимзабиги лъалев, гьелги рокьулев инсан. Гьес васасе кьураб тарбияги букIинарищха щвалде щвараб. Гьитlинаб мехалдаса нахъего Шамилица лъазабуна мухIканго как базе ва Къуръан цӀализе.

Балугълъиялде вахаралдаса, ЦIияб ЧlикIаб росдал авал-мажгиталда хIалтIана гьев инсуда цадахъ. Мажгит бан лъугIидал, будунлъиги гьабуна, мадрасалдеги хьвадана. Гьанжеги Шамилица жигараб гӀахьаллъи гьабула мажгит-мадрасалда, гьединго росулъ гьарулел кIвар бугел жамгIиял хӀалтIабазулъ ва тадбиразулъ. Росдал жамагIаталъ гьесда тIадкъан буго хабалазул ишал тIуразеги.

ХабатIа къваригIунебщинаб къайи-алат чIезабун буго гьес. Гьединго къватIиса вачIарав чи росдал больницаялда хвани, авариялде ккун гIумруялдаса ватIалъани, гьединазда базе мусралги рукIуна гьес хIадурун. Сардилъ хварав чи вукъизе ккани, канлъи букIинелъун хабалазде бачун буго ток. Какал разе бараб рукъги цIакъ бацIцIадго чlезабун буго.

Шамилица чурула хварав чи, радал-бакъанида гьабула къулгьу. Гьес анцIго нухалда борхана хӀежги. Гьесул аслияб хIалтIи бугин абизе бегьула гIадамазул мурадал тIурай, гьезие кIвараб кумек гьаби.

БетIербахъиги гьабулеб буго хIайваналги хьихьун, ай хIалалаб магIишаталдалъун. ГӀадамазе ва росдае гьарулел пайдаял ишаздалъун, берцинаб тIабигIаталдалъун Шамил мустахIикъав вуго цогидазги жиндаса мисал босиялъе.

Насрула Абакаров, ЦIияб ЧIикIаб росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...