Аслияб гьумералде

Хизри аварагасул х1акъикъат

Хизри аварагасул х1акъикъат

Халкъалда гьоркьоб машгьураб жо буго пуланав чиясда Хизри авараг вихьун вугин бицин. Цо пуланаб мажгиталда гьес как бан бугин аби. Яги пуланав устарасда гьев кидаго вихьулев вугин абуралда релълъарал г1емерал къисаби рук1уна т1ирит1ун. Гьелда т1асан г1езег1аназул суалги баккула бит1арабищин гьеб яги маргьуйищин абун.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

Гьеб суалалъе жаваб кьела нилъеца жиндир баракат киназего щваяв Сайфуллагь-къадиясул т1арикъаталъул устар, Троицк шагьаралдаса Зайнуллагь шарифияс хъваралдаса босун.

Гьес хъвалеб буго: «Имам Нававияс «Шарх1ул Муслималда» хъван буго, г1емерисел г1алимзабаз абулин Хизри ч1аго, нилъеда аск1ов вук1унин абун. Гьелда т1ад рекъон руго киналго суфиял, агьлу ссалах1 ва Аллагь лъаялъул агьлу.

Гьев вихьиялъул, гьесулгун дандч1вай ккеялъул, мажлисазда г1ахьаллъиялъул, лъик1ал бак1азде гьев вач1иналъул къисаби халкъалда гьоркьор рик1к1ун х1ал к1оларелг1ан г1емер руго.

Шайих Абу Г1умар ва ибну Ссалах1ица абуна, гьев ч1аго вугин г1емерисел г1алимзабазул пикруялда. Гьелда инкар гьабиялдалъун бат1а к1анц1ун ругин мух1аддисазул цо бут1а.

Муфасир Саг1лабияс абуна: «Хизри вуго г1умру халатав авараг, ай г1алимзабазул раг1абазда рекъон. Гьев вуго г1емерисел г1адамазул бердаса вахчаравлъунги. Къуръан нахъе босулеб ахирзаманалда гурони гьев хвезеги гьеч1о.

Гьев ч1аго вук1иналъе далилги Къуръаналъул аят буго: «Дица гьесда, ай Хизрида малъана Дирго рахъалдаса г1елму», - ян абураб.

Гьелъие далиллъун жеги х1адисалги руго. Х1арис бин Абуусаматидаса бицараб х1адисалда буго Бичасул аварагас абунин, Хизри вугин ракъдада, Иляс вугин ралъдада. Щибаб сордойил гьел данделъулин Зулкъарнайица яъжуж-маъжужазда гьоркьоб бараб къед бугеб бак1алда.

Щибаб соналъ гьел к1иязго х1ежгун г1умраги гьабулин, т1асияб сон щвезег1ан г1ураб зам-замги гьекъолин абун. Абудавудидаса ибну Г1асакирица бицараб х1адисалда буго, Хизрицагун Илясица щибаб соналъ Рамазаналъул к1ал кколин Байтул мукъадасалда, щибаб соналъ гьел к1иязго х1ежгун г1умраги гьабулин, т1асия сон щвезег1ан г1ураб зам-замги гьекъолин абун.

Хизри абун гьесда ц1ар лъеялъе х1икматги бугин абулеб буго, суждаялда вук1аго гьев г1одун т1ураб маг1уялъ сверухълъи г1урччинлъизабиялъ. Хазара абураб жоялъул г1араб мац1алда маг1на буго г1урччинлъанин абураб.

Ибну Г1аббасидаса бицараб х1адисалда буго: «Хизриги Илясги щибаб соналъ х1ежалда дандч1вала. Гьел к1иязго цоцазул бут1рулги к1к1вала. Гьал раг1абиги абулаго цоцадасаги рат1алъула:

  • بِسْمِ اللهِ مَا شَاءَ اللهُ لاَ يَسُوقُ الخَيْرَ إِلاَّ الله
  • بِسْمِ اللهِ مَا شَاءَ اللهُ لاَ يَصْرِفُ السُّوءَ إِلاَّ الله
  • بِسْمِ اللهِ مَا شَاءَ اللهُ مَا كَانَ مِنْ نِعْمَةٍ فَمِنَ الله
  • بِسْمِ اللهِ مَا شَاءَ اللهُ َلاَ حَوْلَ وَلاَ قُوَّةَ إِلاَّ بِالله

Ибну Г1аббасица абуна, радал ва бакъанида гьал раг1аби лъаб-лъаб нухалъ абурав чи Аллагьас ц1унулин ц1аялдаса, ц1огьалдаса, гъанкъиялдаса, шайт1аналдаса, залимав ханасдаса, г1анкъра ва борхьил заралалдасаян.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...