Аслияб гьумералде

БахIарчияб иш

БахIарчияб иш

Хьаргаби росулъан чваххулеб гIурулъ чвердолев вукIарав гьитIинав вас, лъел чваххиялде данде чIезе рухI гIечIого, гIоралъ восун унев вукIана. Гьеб бакIалда аскIов вукIарав КIикIуни росулъа ГIумаров Мурад кIанцIана лъелъе ва вас къватIиве вахъана.

Бигьаго букIинчIо Мурадие гьеб бахIарчияб иш гьабизе. ГIезегIан къо бихьана гьесда гьев вахъулаго. Кин бугониги кIвана вас рагIалде цIазе. Аллагьасул кумекалдалъун кIвана гьесул гIумру хвасар гьабизе. Гьеб лъимадул эбел-инсуца кIудияб баракала загьир гьабулеб буго Мурадие, гьесул эбелинсуе ва гIага-божаралгун росу-жамагIаталъе гьединав бахIарчияв вас гIезавуралъухъ.

Мурад ккола ДГУНХялъул инженернияб колледжалъул 2-абилеб курсалъул студент. Кин дуда гьединаб иш гьабун бажарарабин абун гьикъидал, гьес жаваб гьабуна щибин дица гьабураб, дир бакIалда бокьарав чияс гьабилаанин гьебго жойилан абуна. Аллагьас гьединал гIолохъаби гIемер гьареги Дагъистаналда!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...