Аслияб гьумералде

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Халкъалъего бокьулеб, х1урмат ц1ик1к1араб «Ас-салам» газетаги гьоркьоб ккун, баркала кьезе бокьун буго Лъарат1а районалъул Ц1умилухъ росулъа Г1алиев Мух1аммадие.

Лъик1ав инсанасе къимат кьезе ккани, гьесул берцинаб г1амалги лъазе, г1адамазда гьоркьов гьесул бугеб вук1а-вахъиналъухъги балагьизе ккола.

Мух1аммад вуго х1еренав, х1алимав, Аллагьасул дин ккурав, г1аданлъи бугев инсан. Гьединав вук1иналъе нуг1лъи гьабулел мисалалги г1емерал руго. Т1оцебесеб иргаялда абила, гьес росулъаги районалдасаги ва цоги бак1аздасаги г1емерал г1адамазе х1алт1изе бак1ал ралагьула. Ихдал, риидал, хасалихъе, бат1алъи гьеч1о, г1адамазе жалго разияб мухь щолеб х1алт1и ч1езабула.

Хадубги, гьел г1адамазул щиб х1ажалъи кканиги, гьеб т1убазе аск1ов ватула. Квен-т1ехалъул, х1алт1ул алатазул, дарабазул щиб къвариг1ел кканиги, гьебги т1убала.

Гьарула Мух1аммадие щулияб сахлъи, талих1, рохел ва аваданлъи.

МУХIАММАДГIАЛИ ХIУСЕНОВ, ЦIУМИЛУХЪ РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...