Аслияб гьумералде

Имамасе баркала

Имамасе баркала

Имамасе баркала

Хириял «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъаби. Нижер росдал жамагIаталъул рахъалдасан баркала загьир гьабизе бокьун буго росулъ имамлъун хIалтIулев, Хьаргаби районалъул МагIлиса АхIмадие. Гьес бичIчIизабула как-кIалалдехун букIине кколеб балагьи, малъула хварав чи чурулеб къагIида, хабалъ лъун хадуб гьаризе кколел жал. Хасго кIвар кьола гIун бачIунеб гIелалде.

АхIмадица, каникулазул заманалда, Къуръан цIализе малъула лъималазда. Щибаб къойил лъола дарсал. ТIоритIула конкурсал, кьола бергьаразе шапакъатал. АхIмадил нухмалъиялда гъоркь росдал гIолохъабаз цо чанго нухалда гIахьаллъи гьабуна РухIияб центр балеб бакIалда гьабулеб хIалтIулъ. Гьесул хIаракаталдалъун мажгит цIи гьабуна, хабалаби, нухал, иццал къачIана. Бегавулас кумек къваригIун бугин лъазабидал, имам бищун цеве къватIиве вахъуна, гьабулеб ишалъулъ гIахьаллъиги гьабула. Гьев щола херазухъе, унтаразухъе, цIехола хIажатаб кумек бугищилан абун.

Жиндирго машинаялдаги рекIинарун, бокьарал чагIи рачуна устарасухъе, батIи-батIиял бакIазде зияратаз.

Ниж цIакъ разиял руго АхIмадидаса ва бокьун буго, цоги нухалда, гьесие баркала загьир гьабизе.

<figure><img src="//as-salam.press/storage/_content/2023/01/13/1673558964_63c07bb4ba0f5.jpg"></figure>

ХIариколо росдал жамагIат

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...