Аслияб гьумералде

ХIафизасул хIурматалда

ХIафизасул хIурматалда

Къимат тIадегIанаб Къуръан рекIехъе лъалезул къецазда тIоцересезул кьерда вугев ХIажимусаев ГIалимирза ккола ЛъаратIа районалъул ЦIумилухъ росулъа. Гьесул эмен ХIажимуса лъаларев чиги районалдаго ватиларо. Гьес Къуръан цIалиялъул дарсал кьуна райцентралдаги, росабалъги. Гьесул дарсалги тарбияги щвана васасеги ва школалда цIалулеб мехалдаго ГIалимирзаца гIахьаллъи гьабулаан диниял тадбиразда.

 

12 сон байдал, ГIалимирза цIализе лъугьана МахIачхъалаялда бугеб хIафизазул мадрасалде. ЦIалана ункъо соналъ. Цинги цIализе лъугьана Дагъистаналъул исламияб университеталде. Гьанже кIиабилеб сон буго ГIалимирзал Дагъистаналъул гуманитарияб институталда цIалулев вугелдаса.

Гьесул бергьенлъабазул бицани, рехсела цо чангояб. Масала, 10 жуз рекIехъе лъаялъул мурадалда Губденалда тIобитIараб республикаялъулаб конкурсалда ккуна тIоцебесеб бакI. Гьебго 10 жуз лъаялъул рахъалъ ТIолгороссиялъулаб конкурсалда ккуна кIиабилеб бакI. ТIолабго Къуръан рекIехъе лъаялъул рахъалъ Дилималда тIобитIараб республикаялъулаб конкурсалда - тIоцебесеб бакI. СагIудиязул ГIарабиялда, тIолабго Къуръан рекIехъе лъаялъул рахъалъ, онлайн-режималда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб конкурсалда - тIоцебесеб бакI. Саратовалда тIобитIараб,  Къуръан рекIехъе лъаялъул рахъал конкурсалда - лъабабилеб бакI.

ГIалимирзае гьарула щулияб сахлъи, талихIаб, рохалилаб гIумру ва жеги чIахIи-чIахIиял бергьенлъаби росизе гьунарги тавпикъги. 

Бергьенлъиги босун росулъе вачIунев ГIалимирзада лъикIаб дандчIвай гьабуна районалъул жамагIаталъги. Культураялъул кIалгIаялда тIобитIана мавлид, гьаруна лъикIал насихIатал, рукIана ГIалимирзал хIакъалъулъ гьарулел кIаллъаял, школлъималазул церерахъинал, кьуна хIафизасе сайгъатал.

>

 

 

Къурбан ГIумаров, ЦIумилухъ росу

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...