Аслияб гьумералде

Ригьин гьаби – илчизабазул нух

Ригьин гьаби – илчизабазул нух

Хириял диналъул вацал ва яцал! ГIолохъабаздехун вуссун МухIаммад Аварагас абун буго: «Я, гIолохъабазул къокъа, нужер чIужу ячине рес бугес чIужу яче, нужер бералги черхги гьелъ хIарамалдаса цIунила. Гьеб гьабун бажаричIев чияс кIал ккун жиндирго гьава мутIигI гьабе, кIал кквеялъулъ буго нужер цIуни», – ян. Гьаб хIадисалда жаниб Аварагасул хитIаб буссун буго гIолохъабазде. ГIолохъанлъи ккола 16-ялдаса 35 сониде щвезегIан гьоркьоб бугеб заман.

Эбел-инсуца кIвараб хIаракат бахъизе ккола гIолохъаби ригьнаде руссинаризе. Лъимал гIужда ригьнаде руссинарунгутIи гIемерал балагьазул, питнабазул аслу буго. БатIи-батIиял гIадатазухъ балагьун, нилъецаго ургъарал шурутIазда базе гьабун, гIемераз нахъе тIамулеб буго, ригьин гьаби ва гьелги хIарамаб жоялде руссунел руго. РачIаха нилъ гIенеккизин ва гIамал гьабизин, гIадаталги рехун тун, шаргIалъ бицунелъухъ.

Аварагасул хIадисазда рекъон лъикIай чIужу ккола гьаб дунялалъулги ахираталъулги рокъоб талихI жинда бухьинабурай гIадан. Аюбица (р.гI.) абун буго Аварагас абунин: «Дунял буго матахI, дунялалъул матахIалда жаниб бищунго лъикIаб жоги, лъикIай, Аллагьасдаса хIинкъулей гIадан йиго», - ян.

Ригьин гьабиги, чIужу ячинги аварагзабазул суннат ккола. Аварагас абун буго: «Аварагзабазул, илчизабазул нухалдасан ункъо жо буго. Магжил расазда хина лъей, берцинаб махI гьаби, сивак бахъи, никахI гьаби».

Абу Гьурайратица бицун буго Аварагасдасан рагIанин: «Аллагьасдаса хIинкъиялдаса хадуб, муъминчиясе лъикIай чIужуялдаса пайда цIикIкIараб жо гьечIо, жинца амру гьабураб мехалъ жиндие мутIигIлъулей, росас бербалагьи гьабураб мехалъ рос воххизавулей, рос гьедараб мехалъ росасул гьа хвезабичIого гьеб тIубазабизе хIалтIулей, рос жиндаса рикIкIалъараб мехалъ жиндир напсалъулъги, росасул боцIиялъулъги, жиндир черхалъулъги насихIат гьабун хьвадулей», - ян.

Ибну ГIабасица (р.гI.) абун буго, Аварагас абунин: «Ункъо жо буго, гьеб ункъо жо щварав чиги дунял-ахираталъул талихI кьурав вуго», - ян.

Щибха гьеб ункъо жо кколеб?

ТIоцебесеб – Аллагьасе щукру гьабулеб ракI, кIиабилеб – Аллагь рехсолеб мацI, лъабабилеб – балагьазде сабру бугеб черх ва ункъабилеб – жиндир напсалъулъ, ялъуни росасул боцIиялъулъ гIасилъуларей чIужу.

Анас асхIабас (р.гI.) бицунеб буго, Аварагас абунин: «Аллагьасдаса хIинкъулей чIужу жиндие ризкъилъун Аллагьас кьурав чиясе Аллагьас кьун буго бащадаб дин, гьеб хутIараб бащалъиялда жанив гьев Аллагьасдаса хIинкъи хутIула гIицIго. Каламалъул хIасил, лъикIай чIужу йигони гьев чиясул бащадаб диналъе гьелъ квербакъулин абулеб буго Аварагасул гьаб хIадисалда.

Гьединай лъикIай чIужу щванани щиб нилъеца гьабизе кколеб? Нилъеца цIунизе ккола ригьин-цIа гьабиялъулъ тIоцебесеб галиялдаса байбихьун Аварагасул суннат.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...