Аслияб гьумералде

Баркала, тохтурзаби

Баркала, тохтурзаби

Дун ккола Гъазиму-хIаммадова ПатIимат. Газета гьоркьобккун бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе лъикIал тохтурзабазе.

 

Дун йикIана грыжаги лъугьун, лъикIаб гьечIеб хIалалда. Тахшагьаралъул №2 больницаялда егизаюна ва гьабуна операция. Гьединлъидал бокьун буго гьеб больницаялда хIалтIулев ГIурадаса профессор, хирург ХIамидов МухIаммадие, ТIидиса хирург Дамадаев Дамадание, сочетанияб патологиялъул отделениялъул заведующий ЧIикIаса Бациков Хайрулагьие, Гьандихъа ГIамиргIалил ГIалибегхIажиясе, дие хъулухъ гьабурай Мадинае ва тIолабго коллективалъе баркала кьезе.

Нуж гIадинал лъикIал, чIухIи гьечIел гIадамазе щиб гьараниги бегьила, дир къоял лъугIизегIан дугIа гьабизе дун налъулайги йикIина нужее.

Жакъа дун рази йигей гIадин Аллагьги разилъаги нужер щивасдаса, гьабулелъулъ гIадамал разилъуледухъ хIалтIи гьабизе къуват кьеги. Дунял кIочон тараб ахиратги насиб гьабун рохизареги нуж БетIергьанас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...