Аслияб гьумералде

Ракl разияб сапар

Ракl разияб сапар

Ракl разияб сапар

ЦерегIан моцIаз лъикIал гIадамалгун цадахъ дун яхъана сапаралъ ГIумраялде. Дида цадахъ ккана цIакъ иман бугел чагIи, гьел рукIана Шамил районалъул Бакълъухъ росулъа.

 

Иман бугел чагIи киреха инел, гьениб нижее хIажатаб чIезабун батаниги, къваригIараб кумек гьабуниги, нухда унелъул квер ккун ине кколеб бакI бихьизабун, цIализе кколеб малъун, бажарараб гIаданлъи гьабуна Рукъиятицагун ГIашура абурал диналъул яцаз. Жеги жиндир гIумругун соназда баракат лъеяв цадахъ вукIарав диналъул вац МухIаммад-хIажица ниж рачана батIи-батIиял зияратазде. Щвана ГIарафа магIарде, Минаялде, Савру нохъоде, Мажгитул къиблатайн, Мажгитул къуба, Мажгитул гъамама, Билал-асхIабасул мажгит, Абубакар-асхIабасул мажгит, ГIали-асхIабасул мажгит гIадал цIарал кьурал хириял Аллагьасул рукъзал рихьизе.

Гьаризе бокьун буго гьел сахаватал гIадамазе чорхое сахлъи, диналъе къуват, нижгIан разияб дунялги ахиратги кьеги Аллагьас нуже, диналъул яцал ва вацал.

 

ХIеж ккола исламалъул анлъабилеб арканлъун,

Сахлъиги боцIи-малги бугесда тIалъулеб жо.

Щивав бусурбанав чи гьениве ине кколин,

Паризаяб хIеж буго, хIаракат бахъе, яцал.

 

Суайбат Ибрагьимова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...