Аслияб гьумералде

Умумузул ирсги росдал мажгитги

Умумузул ирсги росдал мажгитги

Умумузул ирсги росдал мажгитги

ЦIумазул борхалъиялда бугилан абизе бегьула Анкьракьалъул (ЛъаратIа мухъ), Таш жамагIаталда гьоркьоб бугеб, ТIинчIуда росу. КIиазаргоялдаса цIикIкIун метр борхалъи букIин гуребги, гьенибе жеги щвечIо шагьранухги ва гьелда бан гIумру гьабун хутIарал гIадамалги дагьал гурони гьечIо.

 

 

Гьениб бугеб лъабго-ункъо цIаракиялъул гIадамазда абизе бегьила унго-унгоги рижараб ракьги хириял, захIматги бокьулелилан. Мугъалъ баччун чанго километралъ цIулги, херги хIадур гьабун, ханжу-цIам ва цогидалги нигIматалгун магIарухъ гIумру гьаб нилъер заманалда къанагIатаз гурони гьабулеб жо гурелъул.

 Гьединал, къо хIехьарал ва къвакIарал гIадамазул ТIинчIуда росулъ буго цо хассаб кIвар жидеде буссинабулеб авалги. Гьеб ккола Рамазан ва Муъминат Рамазановазул хъизамалъул авал. Гьезухъ гьоболлъи бана дицаги, гьединго дун гIадинал гIемеразги. Гьобол камун хутIуларин гьелилан абизе кIвеларо, амма нугIлъи гьабила Рамазанилги Муъминатилги рокъор гьалбал гIемерал рукIиналъе. Гьединаб ахIвал-хIалалъе буго чанго гIилла. Рамазановал рукIана ва руго ракI гIатIидал, гIадамал хириял, иманги адабги хасияталъулъ бессарал чагIи. Гьеб абуни букIуна гьобол-гьудул гIемерлъиялъе гIолеб аслияб рахълъун. 

Гьединго Рамазанги Муъминатги ратана цебесеб гIумру кIоченчIел, умумузул букIараб кинабго бокьулел ва хIурматалда гьеб цIунулел гIадамал. Гьаниб лъолеб суратги нугIлъун ккола гьез умумузул гьабулеб кIудияб хIурматалъе. АбизегIан хисичIого хьихьун буго дозул букIараб рукъги, къайиги, тIагIел-алатги, партал-къайиги. ХIатта рукъалда цебе бугеб тIохгицин тун буго тIад михир бачунеб хIалалда. Цогидаб щибниги гьечIониги тIохда михир гириги, раханалъ гIазу хъвайги бихьизеги щвелаан рукIарал гьезухъе гIадамал. Гьанже гьединал тIохалги гьечIелъулха къанагIатал бакIаздаги.

«Дида гьединаб рагъидасан сверухъе валагьидал ракIалда щола умумулги, гьез магъилъги, хурибги гьабулеб букIараб бакIаб хIалтIиги ва гIемер гьарула гьезул мунагьал чураги», - ян абун бицана Рамазаница.

«Дидаги щибаб нухалъ рокъоб жаниб ракIа-рахари гьабулелъул гьелго умумул цере рачIуна ва ракIалда щола эбелалъул малъа-хъваялги», - абун тIаде жубана Муъминатицаги

 

 

 

 

 

Гьединго Рамазановазул рокъоб буго лъикIаб музейги. Умумузул букIараб цагъуралда жаниб гьабураб гьеб, магIарул ракьалда хIалтIулеб букIарабщинаб къайи: захIматалъул алаталги, рукъалъул магIишаталъул къайиги, цIарагIги ва гIемераб цогидабги данде гьабураб музеялъулги кIвар гьабсагIаталда, хIатта магIарухъ гIумру гьабулезеги дагьаб гьечIо. Цо-цо бакIазда, школазда ругел музеяздаса Рамазанилаб бечедабги буго, жиб жаниб гьабураб бакIалъулги буго хасаб берцинлъи. Гьединаб мурадалъги дагьал гуро гьезул къавулъ гIадамал рещтIунел ва гьоболлъи балеб.

Цоги, гьеб хъизамалъул гIумруялда гIатIидаб бакI ккола росдал басрияб мажгиталъ. Бицен буго хIуригат бахъилалде цебе заманалъ ТIинчIуда мажгит букIанила сверухъ рукIарал гIисинал росабазул гIадамаз рузман балеб бакIлъун. Гьелда щаклъизеги бачIунаро. Щайгурелъул 20-25 цIараки гурони букIинчIеб гьеб росулъ нусгогIан чияс цадахъ как балеб гIатIилъиялъул Аллагьасул рукъ букIун буго. Киса-кирго гIадин, доб араб гIасруялда ТIинчIуда росдал мажгитги мурадалда рекъон хIалтIичIо. Ахираб лъеберго соналда жанибин абуни гьеб тIубанго цIигьабуна, бажарухъе жанисанги къватIисанги къачIана ва гIибадаталъе хIалтIулеб буго. Гьез гьеб мажгитги бацIадго ва берцинго чIезабун бугоан.

Дин-исламалде рокьи бугеб, рекIелъ иманги бугел хъизамаздаса гIадамал руго Рамазанги Муъминатги. Гьеб гIодосанго батараб гIадлуялда хьвадулел руго гьел жакъаги. ЦIунун буго умумузул ирсги, «хьихьун» буго росдал мажгитги.

Гьанже лъималги гIурал, гьелги гIатIиракьалде арал рос-лъадул хадусеб гIумру кинабдай букIинаян ракIалдаги ккун, дица гьезда гьикъана кигIан заманалъин жеги нуж магIарухъ рукIинелин абун. Бихьулеб букIана гьединаб суал гьезие рагIун свакараб букIинги, амма жаваб букIана мустахIикъаб: «БажарарабгIан мехалъ», - ян абураб.

Бокьун буго гьаризе гьел хIалрекъарал ва аваданал рос-лъадуе гIемерал соназул сахлъиги, лъималаздаса роххиги, рокъор гIемерал гьалбалги.

 

ГIали МухIаммадов, МахIачхъала

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...