Аслияб гьумералде

Къородисезул кьотIа росдал имам

Къородисезул кьотIа росдал имам

Гъуниб районалъул Къорода росулъа Къадиров МаламухIаммадил вас ХIайбуллагь цIалана ГIасаса ГIабдурахIман-хIажиясул цIаралда бугеб исламияб институталда. Гьелдаса хадуб хIалтIана Гумбет районалъул Ингиши росдал мадрасалда, Къорода росдал имамлъун. 2021 соналда тIамуна Къородисезул кьотIа росдал имамлъун.

 

ХIайбуллагьица хIалтIи байбихьана «Аллагьасул рокъоб гIибадаталъе ресал рокъор рукIунездаса лъикIал рукIине ккола», - ян абурал, рахIимуЛлагь ГIабдулгьафурил МухIаммадил рагIабиги кьочIое росун. ЖамагIаталда дандрана мажгит жаниса цIигьабун къачIаялъул суалал. Гьедин байбихьараб хIалтIуца хIасилги кьуна. Киназулго кумекалдалъун гьаруна гIезегIан хIалтIаби.

Къуръан цIалиялъул дарсазде байбихьилалде щуго-анцIго минуталъ цебе, рахIимуЛлагь КъурамухIаммад-хIажиясул «Бусурманчияс гьаризе кколел адабал» абураб тIехьалдаса лъималазда малъула имамас адабал. Гьединго гьел адабаздаса пайда босула какде рачIарал чIахIиязги.

«Рогьалил как мажгиталда» абураб имамасул ахIиялъе жаваб гьабиги лъугьана жамагIат-какде рачIунезул къадар цIикIкIиналъе сабаблъун.

ГIумар ГIумаров, Къородисезул кьотIа росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...