Аслияб гьумералде

Сахаватав инсан

Сахаватав инсан

 

Бичасул аварагас ﷺ абун буго гьаб дунял бугин ункъо чиясе кьураб жойилан. Гьезул тIоцевесевги кколин Аллагьас жиндие гIакълуги боцIиги кьурав ва гIакълуялда рекъон гьеб боцIиги лъикIаб нухда хвезабулев. Гьаб хIадис ракIалде щола диналъул вац МухIумачи вихьидал.

 

Исрафилов МухIумачи ккола Хунзахъ районалъул ЦIелмес росулъа. Гьев хIалтIана батIи-батIиял бакIазда ва кив хIалтIаниги Аллагьас гьесие кьуна лъикIаб махщелги гьелда рекъон хIалтIи гьабизе гIакълуги. Богатыровкаялда букIараб колхозалъул фермаялда завфермалъунги хIалтIана гьев анцIго соналъ.

Пачалихъ биххидал ва гIадамал гъурщазда хадур рекерахъдизе байбихьидал, МухIумачи тIаделъана росулъ мажгит базе. Медпункталда жаниб какал раялъе бакI букIинчIолъиялда бан, бичун босана росулъ ракь ва жиндирго харжалъухъ бана гьениб мажгит.

2019 соналъ байбихьана Богатыровкаялда цIияб мажгит базе. Гьелъиеги гIемераб кумек гьабуна МухIумачияс.

Исана 85 сон бала гьев сахаватав инсанас. «Ас-салам» казият гьоркьобккун, бокьун буго гьесие ва гьесул агьлуялъе лъикIабщинаб гьаризе.

 

АхIмад

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...