Аслияб гьумералде

Лъималазул рохел - рекIее рахIат

Лъималазул рохел - рекIее рахIат

 

Гъуниб районалъул росабалъ исана цIакъго лъикI кIодо гьабуна Халкъазда гьоркьосеб лъимал цIуниялъул къо.

Масала, Гъуниб росдал ясли-ахалъул гьитIичазухъе щвана районалъул диниял хIаракатчагIи. «Инсан» фондалъул гIахьаллъигун тIобитIана байрам, гIисиназда бичIчIуледухъ гьабуна вагIза-насихIат. Хасго гьеб гьабизе кумек гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIалиасхIаб Разакъовас, Гъуниб росдал имам ГIабдула МухIаммадгIалиевас, «Инсан» фондалъул районалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ГIабдуллагь ШагIбановас, руччабазе исламияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулей Асият ГьитIинамухIаммадовалъ ва цогидазги.

Гьединго, лъимал цIуни-ялъул къоялъул хIурматалда, КЦСОНалъул социалиял хIалтIухъабаз сапар бухьана ресукъал хъизамазухъе ва гьел рази гьаруна сайгъат-саламаздалъун. Чияр къварилъи жидергояблъун бихьулел социалиял хIалтIухъабаздаса, гьезул жавабчилъиялда ругел, разигоги рукIуна.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...