Аслияб гьумералде

Лъималаз бараб мажгит

Лъималаз бараб мажгит

Лъималаз бараб мажгит

Исана октябрь моцIалъул ахирги, ноябралъул бащалъиги цIакъ рохалилаблъун лъугьана Ленинаул росдал 13-абилеб микрорайоналъул гIадамазе гуребги, жамагIаталъего. Щайгурелъул, гьеб авалалда мажгиталде букIана кIудияб хIажалъи, гьениб мажгит базе къваригIун, амма рес гьечIолъиялъ бачIого хутIун букIана. Росдал имам Салисгереев ГIусманил хIаракаталдалъун гьеб микрорайоналда, цIакъ санагIалъи бугеб бакIалда, диналъул вацас ракьги бихьизабун, байбихьана авал-мажгит ва ясал цIализаризе мадраса базе.

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Жиде-жидер хIалтIабазда ругел гIолохъаби рукIа, ригьалде рахарал хараби рукIа, гьеб хIалтIи гьабизе рачIана цояз цоял хисун. Цо моцIрол болжалалда жаниб мажгиталъе кьучI лъуна, къадал эхетана. Росдал администрациялъги кумек гьабуна гьеб ишалъе. Амма цIакъго ракI бохула, тIелал гьарун школалъул цIалдохъаби, яслиялъул гьитIичал, эбел-инсул квералги ккун рачIунел рихьидал. Балеб бугеб мажгиталда гIагарда рукъ букIиналъ, дие гьелъ цIакъ асар гьабула ва магIу кквезе кIоларо мадугьалихъ ругел руччабаздаги.

ГIисинал лъималаз гьенибе босун бачIуна жидецаго бакIарараб гIарац, мажгит ва мадраса базе бокьун бугинги абун. Цо моцIида жаниб 100 лъимералъ жидецаго данде гьабураб гIарац кьуна гьенибе. Росдал «Радуга» яслиялъул кIиго къукъаялъ бачIана гIарац, школалъул цIалдохъабазги гьабуна гIахьаллъи.

 

Батули Шапиева

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...