Аслияб гьумералде

Суннат тIубай – сахлъи цIуни

Суннат тIубай – сахлъи цIуни

Суннат тIубай – сахлъи цIуни

ХIурматиял бусурбаби, какичуриялъул суннатаздасан ккола лъабго нухалда мегIер ххули. Гьеб буго Бичасул аварагас ﷺ гьабураб ва нилъеда гьабеян тIадкъараб нух.

 

Гьелъие бихьизабун буго кIиго батIияб къагIида. Цояб ккола хъатинибе лъимги тIун цин кIал, хадуб мегIер гьебго лъиналъ лъабцIул ххули. Цогидаб къагIида ккола, цин кIал лъабго нухалда, хадуб мегIер цогидаб лъеца ххули. Кинаб къагIидаялда гьабуниги, суннат тIубала.

Тохтурзабаз абула мегIер чваххи, грипп гIадал унтабаздаса цIуниялъе кумек гьабулин къойида жаниб цо-кIиго нухалда гIадатияб лъеца бугониги мегIер ххулани. Гьелдалъун нахъе ине рес бугила батIи-батIиял вирусазул микробалгун черхалъе заралиял жал.

Гьелдасан бихьулеб буго, 1400-ялдасаги цIикIкIун соналъ цебе Бичасул аварагас ﷺ бицараб сахлъи цIуниялъул къагIида, тохтурлъиялъул гIелмуялъул цIех-рехазул хIасилалда гьанже баянлъун букIин.

Какичуриялъул суннатал цIуниялда жанир гIемерал пайдаби руго. Гьелъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьцин буго медицинаялъул гIелмабазул доктор М. М. МухIаммадовасул. 

РачIа нилъеца тIуразарилин Бичасул аварагасул ﷺ суннатал. Гьелдалъун жакъа дунялалдаги щвела гIемерал пайдаби, метер ахираталъул рокъор рукIина даражабиги.

 

ХIадис МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...