Аслияб гьумералде

ЛъикIав цевехъан ватана…

ЛъикIав цевехъан ватана…

ЛъикIав цевехъан ватана…

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIукмуялдалъун исана паризаяб хIеж борхизе ине изну щвана диеги (алхIамдулиллагь). Документал кьолаго гьарана Унсоколоса ХIусен-хIажияс нухмалъи гьабулеб къокъаялде хъваян. Дида гьев лъалаан нижер росдае гIемерал соназ дибирлъи гьабурав гIалим вукIиндал. Гьесул гьунар буго кинабго нухда бачине, малъа-хъваял  гьаризе, тIаде босараб иш ракIбацIцIадго, гIицIго Аллагьасе ﷻ гIоло тIубазе.

 

ХIусен-хIажиясул хIеренаб каламалъ, камилаб кIалъаялъ, вагIза-насихIат гьабизе бугеб гьунаралъ нижер къокъа гуребги киналго сверухъ ругелги асир гьарулел рукIана. Жиндирго свакалде балагьичIого, гьес адаб-хъатир, тIалаб гьабулеб букIана къокъаялъул киналго хIажизабазул. Щибаб жо мухIкан гьабун, щвалде щун, бицун бичIчIизабулеб ва малъулеб букIана. ЦохIо нижер къокъаялъе гуребги, тIолабго рейсалъул ункъабго группаялъе гьабулеб букIана гьес кумек. ХIежалъул тIуразе кколел паризаял ва суннатал киналниги тIадал жал живго цеве вилълъун малъулеб букIана. КIудияб махщалида бачана гьес жинда тIадкъараб хIалтIи.

Чанго батIияб районалдаса, росабалъа батIи-батIияб гIелалъул чIахIиял, гIисинал, бихьинал, руччаби - киналго цо хъизан гIадин гъункизаруна гьес. Цониги къоялъ цоцазул ракIхвараб, квеш бихьилеб рагIи лъицаго абичIого, гьелъул гIаксалда, цоцазе кумек гьабун, тIалаб-агъаз гьабун кидаго аскIор рукIарал гIадин ракIал журан букIана кIикъоялда лъабгониги чи вугеб хIажизабазул къокъа. Гьеб киналъего квербакъи гьабуна нижер нухмалъулев ХIусен-хIажияс.

Узухъда, кIвараб кумек гьесие гьабизе хIадур рукIана киналго нижгун рукIарал бихьинал-хIажизабиги.

ТIолабго къокъаялъул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала кьезе бокьун буго ХIусен-хIажиясе, гьесдаго цадахъ рейсалъулго къокъабазе нухмалъи, кумек гьабурал Шамилие, Набие, МухIамадгIарифие.

Аллагьас диналъе къуват кьеги, хъизан-рукъалда баракат лъеги, пагьму-гьунар цIикIкIаги, хадусел соназги хIажизаби нухда рачине, гьезие хIалай чIезе хIалги, къуватги Аллагьас ﷻ кьеги.

 

Гулишат Ибрагьимова, Хьаргаби росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....