Аслияб гьумералде

ЖамагIат рази буго

ЖамагIат рази буго

Ассаламу гIалайкум, «Ас-салам» казият. Ниж ккола Хъумторхъала районалъул Темиргъое росдал жамагIат. Нужехъе хъвалеб буго, росдал имамасе ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун. Нижер имам ккола ЧIикIаб росулъа КазимухIаммадов ХIамзат.

 

Исламияб институтги лъугIун нижер росулъе хIалтIизе гьев вачIана ункъо соналъ цебе. Гьел соназда жаниб, ХIамзатил хIаракаталдалъун, росулъ гьаруна диниялги жамгIиялги гIемерал хIалтIаби. Росдал мажгиталъуб гьабуна ремонт. АскIобго букIана, байбихьиги лъун чIезе тараб мадраса. АлхIамдулилЛагь, имамасул цевевахъиналда гъоркь кIитIалаяб мина бан рагIалде бахъана.

Нижер буго батIи-батIиял миллатазул, рахъ-рахъалдаса рачIарал гIадамаздаса гIуцIараб росу. Бугониги, росулъ вугев имамасул бажариялдалъун, гьанже жамагIат лъугьана щиб хIажалъи кканиги букъараб зар гIадин цоцае хIалае чIолеб, гъункараблъун.

Гьесул нухмалъиялда гъоркь росдал жамагIаталъ чанго нухалъ гIахьаллъи гьабуна РухIияб центр балеб бакIалда гьабулеб хIалтIулъги. ХIамзат вуго кутакалда гIадамасда хIал бащад гьабун, щив аскIове кканиги гьесда рекъараб хабар бицун инсан рази гьавулев муъминчи. ВагIза-насихIат гьабун ХIамзат щола школалде, росулъ тIоритIулел батIи-батIиял спортивиялгун жамгIиял тадбиразде. Гьанже Темиргъоялда ХIамзат лъугьана цIикIкIарасе васлъун, гIел бащдазе вацлъун.

Ниж цIакъ рохарал руго гьесдаса ва бокьун буго жамагIаталъул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе.

 

МухIаммадзагьид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...