Аслияб гьумералде

ГIолилазул ишал

ГIолилазул ишал

Шамил районалъул ТIогьохъ росдал жамагIаталъ, щибаб санайил, тIобитIула кIалбиччанкъоялъул хIурматалда тадбир. Исанаги тIобитIана гьеб. ГIолохъабаз хIана волейбол, рекерана, кIанцIана, гиря борхана, квар цIана, чIорбутI речIчIана.

Росдал имам ШайихмухIаммадов Абубакарица гьабуна киназего гIахьалаб дугIаги. Херазул советалъул председатель МухIаммаднабиевас гIахьаллъарал ахIана ВатIан бокьиялде, гьелъие мутIигIаллъун рукIиналде ва ккаралъуб мисалияллъун рукIине ккеялде. Гьединго цIалана ВатIаналъе гIоло рагъулел бахIарзазде гьабураб назмуги.

Росдал бегавул МухIаммадов МухIаммадица баркала загьир гьабуна гIахьаллъаразе, тадбир нухда бачаразе. Данделъиялъе ахир гьабуна ракIалдещвеялъулаб гIаммаб сурат бахъиялдалъун.

ЗАГЬИДБЕГ МУХIАММАДНАБИЕВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...