Аслияб гьумералде

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Дун ккола Шамил районалъул ХIорода росулъа Расулова ПатIимат Зубаировна.  Дагьаб цебегIан егун йикIана ХIебда бугеб райбольницаялъул хирургияб отделениялда.

 

Гьенир ратана цояздаса цоял лъикIал тохтурзаби, сестраби, санитаркаби. Гьединлъидал, казият гьоркьобккун, щуабилеб палатаялда регун рукIаразул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго отделениялъул нухмалъулев Магьдиев ГIумарасхIабие.

ГIумарасхIаб щибаб къойил вачIунаан палаталде ва цIех-рех гьабун, регаразул ракI батулеб калам гьабулаан. 

Дица гьениб бана 12 къо, АлхIамдулиллагь, саламатаб мадарги лъугьана.

Гьединго баркала кьезе бокьун буго: Х. ГъазимухIаммадовалъе, Р. МухIаммадовалъе, Н. МухIаммадовалъе, С. МуртазагIалиевалъе, П. МухIаммадовалъе, Р. МухIаммадовалъе, С. Къурбановалъе, С. ГIабдулаевалъе, М. Къурбановалъе.

Аллагь разияб гIумру кьеги киназего, лъимал-хъизамаздаса, гьабулеб ишалдаса рохун хутIаги.

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...