Аслияб гьумералде

Квер биччарай

Квер биччарай

Квер биччарай

«ГIадамазе пайдаяйлъун йикIин буго дир талихI»

Фазу ГIалиева

 

Гьаниб байбихьуда Фазуги гьелъул каламги ракIалде щвезабуна, жиндир хIакъалъулъ бицен гьабулей магIарулай, Анкьракьалъул (ЛъаратIа мухъ) Магъилъ росулъ гIурай, гIумру МахIачхъалаялда арай, захIматчIужу ва хIажияй Маржанат ГIалимухIамадова гьелъул рокъосей гIадинай гIаданги ракI рагьарай гьалмагъги йикIараблъиялда бан. Абула киналгIаги дандчIваял мурад гьечIел рукIунарин, гьел къадаралда хъварал ратулилан. Гьедин ккана Фазулги Маржанатилги лъай-хъвайги ва гьеб сверана щулияб гьудуллъиялде.

 

МагIарухъ гIурай, захIмат бокьулей, микьго класс лъугIидалго росасеги кьун, мискинаб ва кIудияб хъизанги букIун цIализеги ракIалъе бокьараб иш тIаса бищизеги рес рекъечIей Маржанат йикIана рос-рукъалде юссиндал бетIербахъиялъе МахIачхъалаялде яхъун гIумру гьабулей. Гьелъ жиндиего балагьана бищунго бигьаго хIалтIи щолеб махщел, щулаго лъазабуна йохьарухъаналъул иш. Гьедин гьей хIалтIудаги захIматалъул цеехъанлъун яхъана ва гьеб иш баракаталъеги ккана. Цо нухалда кабинетал къачIаялъул хIалтIи тIубазе партиялъул обкомалде йитIарай Маржанат тIокIай нахъе йиччачIого гьенийго тана…

Гьедин захIматалъул къимат лъалей тIадмагIарухъа яс чанго сон шагьаралда байдал яхъана «обкомалъул» хIалтIухъанлъун. Гьениб гьабизе жоги гьелъие камулароан ва киналго разиялги рукIана ракI гIатIидай, гIамал рекъарай захIматчIужуялдаса.

Гьений йикIаго цо нухалда Фазуца Маржанат ячана жиндирго рукъ къачIазе ва гьелдаса хадур гьел кIиялго кутакаб божи-бокьи бугел ва тIаде-гъоркье ахIичIогоги щолел гьалмагъзабилъунги ккана. Гьединабго хIалал гIемерал лъикIал гIадамазулгун лъай-хъвайги гьалмагълъиги ккарай, гьезул кумек ва гIакълу гIумруялъул ахIвал-хIалазда хIалтIизабурай гIадан лъугьана Маржанат.

Чиясул хIакъалъулъ бакъвараб рецц-бакъалдалъун гуреб хIакъикъиял мисалаздалъун бицине лъикIаб букIуна гьесул гIумру ва гIамал гIадамазе бихьизабиялъе. Бокьун буго гьедин, чанго мисалалдалъун йихьизайизе цIалдолезда Маржанатги.

ТIадехун бицухъе, гьей хехго кьуна ригьнаде. МагIарухъ гьединаб букIунаан гIемерисел ясазул къисмат. Росги гьелъие ккана мадугьалихъ росулъа, ЦIоралде хьвадун бетIербахъи гьабун ругьунав, магIаруллъи ва гьениб хIалтIи-иш абизегIан лъикI лъаларев ва гьелде ракIги баларев ГIалимухIаммад ГIабдулбасиров. Цо талихI букIана гьевги Маржанатго гIадин захIматалдаса хIинкъуларев, хIалтIизе бажарулев чи вукIин. Гьебго заманалда, цогидаб рахъалъ ГIалимухIамад вукIана «бакIав» чи. БакIав гьев вукIана бокьани битIахъегояб, бокьани хъвалсараб магIнаялда абуниги. ГIалимухIаммадил бакIал хъаталги заралги гIемеразда рагIана ва ракIалда хутIана. Хехго ццидахунев, бицанщиналда божулев, махсаро-хочI абизегIан къабул гьабуларев ва черхалда жан бугев чи вукIиналъ гьесда аскIоб цIодорлъи гьабулаан киназго. Маржанатица абуни гьев «бакIав» рос гIумруялъ бигьаго ваччана ва киданиги хIалги лъазе течIо. «Хехдараниги ракI лъикIав, ракI хвей хехго кIочон толев, тамахав чи вуго дир рос, - ян гурони гьелъ киданиги абулароан. – ГIадамазда хъачIавилан кканиги диде гьесарав яги хъат кIутIарав чи гуро дир гIумрудул гьалмагъ…»

Рос-лъадул гьоркьоблъи гьезда лъикI лъала, амма Маржанатица балъго гьабуларо жий талихIай йикIанила кинав ватаниги росги щун эбел-инсул рокъоса ине кватIунгутIиялъ. Микьго лъимер гIолеб хъизамалда кIиабилейлъун ва яцазда гьоркьой кIудияйлъун йикIарай гьей гIолилалъ гIемераб жо тIубазе кколеб букIана росасе инегIан заманалъ эбел-инсул рокъоб. Гьеб киналдасаго эркенлъун, цохIо росасе хъулухъги гьабун йикIине щвей жиндие кутакаб рохелги разилъиги букIанилан мукIурлъула Маржанат. Жийго гIумруялде яхиндал гьелда кIочон течIо хадур гIолел рукIарал яцал-вацалги. Киналго гIадин гьелги гьелдаго хадур МахIачхъалаялде рахъана, гьелдаса махщалие ругьунлъана ва магIишаталде ран гьоркьохъеб гIумру гьабизе щвана.

КIиабилебги, Маржанатил хIакъалъулъ бицунаго ракIалда щвезабизе кколеб жо – гьелъул жакъасеб гIумруги гIаданлъиги. Ригьалде яхиндал хIежги борхарай, хIажилъи къабуллъиялда щаклъизе бакI букIунаредухъ ракIги гIамалги ккурай гIадан йиго гьей. Гьанже гIумру гьабун васгун ва аскIойго йигей ясгун, жиндирго минаялъуб рахIаталда йикIаниги, рии, хасалихълъи щвезегIан дачалда тIамула гьелъ. «Бажарулеб гьечIо захIмат бихьун ругьунаб черхалда рахIаталъул кеп босизе», - ян абула Маржанитица. Гьеб дачаги букIана росасгун цадахъ, кIиго бетIер ургъун, ункъо квер хIалтIун, гIадамазул бугеб жидерги букIине кколин абухъе гIуцIараб бакI. РакIгъун вукIунаан гьенив, сонал анагIан лъадиги хиралъун лъугьарав ГIалимухIаммадги. «Дир меседилай» абун гурони гьелдехун калам гьес гьабулароан.

Гьанже, чанго соналъ цеве, росги хун хутIарай хералъ рехун течIо жидер захIмат бихьун гIуцIараб дачаги, гьениса босизе бегьулеб баракатги. ЦохIо жиндиеги лъималазул хъизамазе гуребги бахуна Маржанатил дачалдаса баракат. Унтарал-щокъазухъе, херал, ресукъал гIадамазухъе гьей кIвахIаллъичIого уна ахикьа, хуриса тIокIлъараб нигIматгун. Гьедин гьелъул садакъа гIемеразе щола ва кири батагийин абун киназго гьарула.

 

ГIали МухIаммадов,

МахIачхъала

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ГIибадаталъулъ кIвахIаллъи

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьелъие кумек гьабулеб алатлъун ккола гIибадаталъе хIаракат бахъулел гIадамазул лъикIлъабазул хIакъалъулъ бицунел харбазухъ гIенекки. Гьелдасаги лъикIаб – гьединал гIадамазулгун гьудуллъи гьаби (кинаб гIамал,...


Телефоназул унти

Жиндир хIакъалъулъ гIемер бицунеб унти ккола телефоназда нилъ рараллъун рукIин.   Нилъер лъималги цIакъго унтун руго гьеб унтиялъ. Гьединаб унти букIин загьирлъула: Смартфоналдаса ри-кӀкӀад ругеб мехалда яги гьеб кIочон хутIани ургъалабазулъе ккей. Телефоналде гIемер халгьаби. Цо-цояз...


ЛъикIалъе аслу

Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”,...


ЛъикIазулгун гьалмагълъи гьаби

Гьудул-гьалмагълъи лъи-кIасулгун гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ гIемер бицуна имамзабаз мажгитахъ гьарулел вагIзабазда, гIалимзабазул мажлисазда. Гьебги гIадахъ босун лъикIал гIадамазулгун цIикIкIараб гьоркьоблъи гьабизе хIаракатги бахъула гIемерисев чияс. ХIакъикъаталдаги кутакалда лъикIаб, беццараб...


РухӀияб централда мажлис

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова гӀахьаллъана ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб РухӀияб централда Щулани росдал гӀадамаз гӀуцӀараб шукруялъул мажлисалда. Гьеб тадбир гIуцIун букIана МухӀаммад аварагасул ﷺ цIаралда бугеб мажгиталъуб чIабар...