Аслияб гьумералде

ГIусмановас хвасар гьавуна

ГIусмановас хвасар гьавуна

ГIусмановас хвасар гьавуна

Араб соналъул августалда КОВИДалъ унтана дун. Саламатаб къадаралда гьуъралги жагъаллъун вегана МахIачхъалаялда бугеб Ветераназул госпиталалда. ДунгогIадинал унтараз цIун букIана больница. РукIана цIакъго захIматаб хIал бугел, хвасар гьаризе бажаруларелги ва холелги къойилго камулароан.

Гьединаб хIинкъиялъги дагьабги захIматаб хIалалде ккезарулел рукIана гIемерал. БитIараб бицани, лъикIаб хIалалда вукIинчIо дунги. Тохтурзабаз бажарарабщинаб гьабуниги, гьез сахлъизе вугилан абуниги, тIуванго божизе кIолароан ва мех-мехалъ дирго гIумруялдаса хьул къотIиялдеги кколаан. Ункъогоялдаса цIикIкIун соналги рукIун, жаналъул чIаголъиги дагьлъун дун квандасаги инкар гьабиялде ккана…

Гьеб захIматаб хIалалда дие кумекалъе ватана, палаталда цадахъ ккарав, МахIачхъалаялда гIумру гьабулев, Кули районалъул ЦIовкра росулъа ГIусманов МухIамад. Гьесда бихьана дун кванилъ тохлъулев вукIин, ракI бечIан, хьул къотIун лъугьунев вугевлъи. Гьев тIаделъана лъимадуегIадин дие хъулухъ гьабизе. ХIалица тIамулаан гьес дун кваназеги, камизе течIого чIезабулаан къваригIарабги, гьекъезарулаан низамалда дие рихьизарурал дарабиги, гьабулаан гIумруялде хивал ккеялъе ракI-макIги ва хIалица вачун тIамулаан хьвада-чIвадизеги.

Къокъ гьабун бицани, дие сабабалъе БетIергьанас витIаравгIадинав чи ватана МухIамад. Гьесул кумек дие сабаблъана хвалдаса ворчIизе. Гуребани, божула, дун хвалдаса ворчIулароан. МухIамад вуго 50 сонил ригьалда. Милициялда, таможниялда ва цогидалги бакIазда хIалтIарав, хIалбихьи гIумруялъул щварав, гьебго заманалда иманги ияхIги цIунарав ва гIадан хирияв.

Сахлъун рокъове вуссун кIиго анкь индал дихъе щвезе Шамахал-Терменалдегицин вачIана гьев. Гьелдаса хадуй гьебго КОВИДалъ унтун йиго МухIамадил 92 сон барай эбелги ва гьес гьей, доб больницалда бихьараб къагIидалъ дару-херги ва тIадчIараб хъулухъги гьабун рокъойго сахлъизаюн йиго… Дица дугIадулъ ккун гьарула ГIусманил МухIамадие, гьесул хъизан-рукъалъе, эбелалъе гIумруги, талихIги, сахлъиги.

ШАМИЛ ИДАЧЕВ, ПОС. ШАМХАЛ-ТЕРМЕН

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...