Аслияб гьумералде

«Гьимерсо хъала»

«Гьимерсо хъала»

Ахирал соназ гIемерал чагIи гочунел руго магIарухъа шагьаразде. Гочунезул къадаралъухъ балагьани, 10-20 соналдаса магIарухъ чиго хутIиладай абураб пикруги бачIуна. Гьелдаго цадахъ лъугIун унеб буго гьуинаб гьан, бацIцIадаб гьоцIо, татуяб хIан ва цогидабги. Щибха гьабизе кколеб?

Гьеб суалалъе жаваб нужеда батила ЦIумада районалъул Гьимерсо росулъ. Микьго-ичIго соналъ цебегицин биххун иналда хIинкъи букIараб росу жакъа лъугьун буго гIемерав чиясул тIаде ракI цIалеблъун. Гьеб заманалда жаниб росулъ ккана гIемерал хиса-басиялги. Масала, 2014 соналда бана спортзал ва мадраса. Гьанже мадугьалихъ ругел росабазул жамагIатазул гIахьаллъигун, гIемерисел къецал гьенир тIоритIула.

2020 соналда мажгиталда сверухъ бакI кутакалда берцинго къачIана. Гьале исана, 13 августалда, гьениб тIобитIана «Гьимерсо хъала» абураб тадбир рагьиялъул дандеруссинги.

Росдал жамагIатчи ва меценат ГIумаров КъурбанхIажияс гьадин бицана: «Гьаб хъала гьаниб гIадада бараб жо гуро. Цебе гьаб бакIалда, кинаб бугониги лъугьа-бахъин ккедал цIа балаан ва гьелдалъун мадугьалихъ ругел росабазда гьелъул хIакъалъулъги лъалаан. Диналъ, спорталъ ва культураялъ гIадамал данде гьарула. Гьаб хъала баялъун мурадги гIадамал данде гьари буго. Хьул буго, гIун бачIунеб гIелалъги, нижедаса мисалги босун, росу цIилъиялъе къвалал гурилин абураб. КIудияб баркала буго «Гьимерсо хъала» баялъе ва гьаб тадбир гIуцIиялъе хIаракат бахъаразе. ЦIакъ гъункараб, цоцалъ рекъараб жамагIат буго нижер росдал. Гьелъухъги Аллагьасе ﷻ рецц», - ян.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна гIалимзабаз, росабазул жамагIатаз, хIакимзабаз, хIатта Москваялдасагун Санкт-Петербургалдаса рачIарал туристаз. Тадбир байбихьана росдал имам МуртазагIалиев Насибица Къуръаналъул аятал цIалиялдалъун. Хадуб гьес бицана:

«Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужер бищун Аллагьасе ﷻ рокьулел цIикIкIун гIадамазе пайдаял руго», - абун. Росу цIигьабизе ва гIадамазе пайдаялъе гьабураб хIалтIуе жакъа нилъ нугIзаллъун руго. «Гьимерсо хъала» баялъулъ гIахьаллъи гьабуралщиназул Аллагьас ﷻ дугIа-хайрат къабул гьабеги», - ян.

ГIадамазе рекIелгъеялъе гIуцIун рукIана батIи-батIиял тадбиралги. Масала, гьабуна палугьанлъи, цо-цояз бихьизабуна жидерго къуват.

Данделъиялда гIахьаллъарав ДРялъул туризмалъул ва халкъиял промыслабазул рахъалъ министр Мерданов Эминица бицана: «Гьадинал хъулби рай - маданият ва умумузул гIадат цIигьаби ккола. Нилъер Дагъистаналда, мугIрузда ругел росабалъ, гьадинал хъулби рай гIадатияб ишлъунги букIана. Жакъа гьабги хъалаги буго цогидал росабазе мисаллъун», - ян.

Москваялъул № 218 школалъул математикаялъул учитель Светлана Игоревнаялъ бицана: «Цее дун Дагъистаналде ячIиндал гьоболлъухъ щолаан учительзабазухъе. Гьанжейин абуни, хIалхьи гьабизелъун ячIуна. Жакъа гьаб данделъиялда бихьаралъ дие кутакаб асар гьабуна. Дагъистаналъул халкъ буго аваданаб, божизе бегьулеб, гьалбадерил къимат бугеб», - ян.

МухIаммадрасул МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...