Аслияб гьумералде

ЦIунтIаса гIалим МухIаммад (СутIалав)

ЦIунтIаса гIалим МухIаммад (СутIалав)

КитIури росулъа СутIил вас МухIаммад (СутIалав) мантIикъ-сирру гIелмуялъе къуватав гIалим вукIана. СутIаласул мугIалим вукIана Гехулав МухIаммад абурав гIалим.

ЦIалун вахъингун МухIаммадица ячана росуцояй Баху. Гьезие гьавуна кIиго вас: МухIаммадги Мирза-МухIаммадги. СутIалав МухIаммад гIелму тIалаб гьабун ГIанди округалъул росабазул гIалимзабазда аскIов ва ЦIумада районалъул Боголъ росулъ цIалана. Эбелалъул ургьибго pyxl лъун хадуб, Аллагьас щивасе ризкъи-гIатIилъиялъул гуребги, махщел-гьунаралъулги горбода кIулал ралин бугелъул тIахьазда, СутIалав МухIаммадиеги хъван букIун батила Аллагьас гIелмугун лъаялъул рахъ цебетIезаби. МухIаммад вукIана сабурав гIалим, загьирияб рахъалъ мискинльи тIаca бищарав пулан.

БатIинияб жиндирго рахъ тIадчIун цебетIурав, гIицIго Аллагь разильи тIалаб гъабулев, ретIел ретIиялъулъ, гIадамалгун кIалъай-каламалъулъ МухIаммадил гIадан хадуб гъолареб берцинаб тIaбигIат букIана. Росабалъе хьвадулаан ва вeга-вахъинеги, мажгиталде гурони, гьоболлъухъ къанагIатго унароан. Дунялалъул малмулк щвеялъе кинабгIаги мукалама гьесдасан рагIулароан. Амма шаргIалда рекъолареб пиша загьирлъани, квешго вагъулаан, абизе кколеб рагIи бадибе абулаан, кигIан кьогIаб гьеб батаниги.

Цо пуланаб росдал къулгIаялъул тIохда гIелмуялъул тIеренаб тIехьги кодоб ккун, МухIаммад ихдалил бакъукь вегун вугеб заманалда, аскIове вачIун, МухIаммадида велъанхъун цояс чанго рагIи абуна. Гьесие жаваб гьабун МухIаммадица абула: «Ци чIвазе ккани - туманкI, гIанкIие - тIил, дур тату лъугIизе тола гьаб тIехьалъги», - ян.

Гьединго МухIаммадгун дагIбадизе вачIуна цо гIалим. Гьесие имтихIаналъе вищула СутIалав МухIаммад. МухIаммадил ретIел-хьиталъухъ ххалги гьабун, гьоболас МухIаммадида абула: «Насаралъул сигъа кинаб вазнуялда бачIунеб?» - ан. МухIаммадица гьоболас гьесиейин бухъараб гвандиниве живго вортизавуна. Хал гьабе, китIурисес кьураб жавабалъухъ: «Насара - сигъа; нужехъ гIатIидал нухал рукIиналъ гьакида бачIуна, нижехъ (ЦунтIа) къваридал нухал рукIиналъ хIамузда бачIуна», - ян.

Гьелдаса хадуб гьоболас кьуна 50 суал. Щибго ишкал гьечIого МухIаммадица жавабалги кьуна. Цинги гьоболасул кIалдиса гьадинал paгIаби загьирлъана: «ГIелму, МухIаммад, духъ букIун буго, амма мискинлъиялъ къватIив чIвазе биччан гьечIо», - ян. Данделъиялдаса хадуб ракьцояз МухIаммадида цIехола: «Я вац, МухIаммад, гьедигIанго баянал жавабалгун цадахъ гIелмуялъул тIахьазул гьумергицин гьечIого кин дуда лъалеб?» - абун. КIитIурисес жаваб гьабула: «Аллагьасго хъван нуралъ бихьизабулеб буго», - ян.

СутIалас гIелму малъараздасан ккола:

АдухIилав ГIумар, Жабулав Пахрудин, АхIмаддибир (Кидириса), Загани ГIали (Гьинухъа), ГIалилав (Хъебалъа), ГIиса (Цебариса), Гъалолъа Хето-ГъазимухIаммад, ХутIрахъа КIомо-ГIусман. ГIемер рукIана цогидал районазул мутагIилзабиги КитIурир. Кидиро мадрасалда СутIалав вугел соназ гьенирги Агъвали, Болъихъ, Инхо, ГIанди росабалъа мутIагIилзаби рукIана. СутIаласда гIалимзабаз тIокIцIар абулаан «ЦIунтIадерил кIвекьмахх», - илан.

ЦIумада районалъул Хуштадаса ХIажиявдибирилан цо гIалим вукIана, СутIалавгун цадахъ цIаларавги, гIелмуялда гIамал рекъаравги. Гьудуласухъе гIемер хьвадулаан гьев. Гьесда лъалеб букIун батила Хушет росулъ жив къадаралде щвезе вукIинги. Ахир-къадги гьедин ккезеги ккана. Накълулъараб соналъул баян гъечIо, амма гьел рукIана репрессиялъул соназда цересел сонал. Гьениб СутIаласул зияратги буго.

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


ННТялъ бергьенлъи босана

МахӀачхъалаялда тIобитIана «Журналистазул вацлъиялъулаб кубок» абураб цIаралда гъоркь мини-футбол хIаялъул рахъалъ турнир. Байбихьуда ННТ команда, ГТРК «Дагестан» командаялдасаги бергьун, борчIана плей-оффалде ва гьенибги медиакомандаялдаса 5:2 хӀисабгун бергьана. Финалалда гьел дандчIвана...


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...