Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» гьудул

«Ас-саламалъул» гьудул

«Ас-саламалъул» гьудул

МачIадаса МухIаммадов МуртазагIалил «Ас-салам» казияталъулгун гьудуллъун ккаралдаса 25 сон унеб буго.

1973-76-абилел соназда цIалана гьев росдал магIишаталъул техникумалда ва хIалтIана ГIурада росдал совхозалда, райОНОялда, Сберкассаялда, МачIада росдал колхозалда, росдал администрациялда. ГьабсагIат хIалтIулев вуго МачIада росдал школалда. Киве кканиги тIадкъараб хIалтIи гьес тIубазабуна бацIцIадго.

Аллагьасе ﷻ гIоло гьабулеб жамгIияб хIалтIиги рехун течIо. МачIада росдал мажгиталъул советалдеги вищула гьев ва божилъи бугев чи вукIиналъ мажгиталъул гIарцул ва цогидаб боцIи-малалъул ишалги гьесда тIадкъала.

1998 соналдаса нахъе гIагараб росулъ къиматаб казияталъул тIалаб-агъазги гьабула гьес. Гьеб хъвалезул къадар цIикIкIинабиялъе хIаракатги бахъула.

М. ШехмухIамадов, МачIада росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...