Аслияб гьумералде

МугIалималъе баркала

МугIалималъе баркала

Бокьун буго ракI-ракIа-лъулаб баркала кьезе Шамил районалъул Къваниб росдал лъималазе лъай кьолей мугIалим МухIамадова Жамилат ГIабдусаламовалъе.

 

Жамилат йиго унго-унгоги ракI-ракIалъ гIагарлъиги бокьулей, гIадамалги рокьулей гIадатай магIарулай. КIудиязул адаб ккурай, гIисиназда гIамал рекъезабизе лъалей инсан. Лъималазе дарсал кьеялдаго цадахъ Жамилатил буго кIудияб гьунар росдада сверун гьарулел хIалтIаби цIакъ рекъезе гьарун нуха рачине, гIисиназе гъира баледухъ батIи-батIиял хIаял ургъизе.

Гьаниб рехсечIого гIеларо Шамил районалде рачIун рукIарал Аварагасул ﷺ асаразулги. Гьел рачIиндал Жамилатица цIакъ хIаракат бахъана гьеб мажлисалда гIахьаллъи гьабизе, гIисинал школалъул цIалдохъаби хъахIал маккал гIадин ретIа-къазе. КъватIиса рачIарал гьалбадерицаги, ракьцоязги цIакъ лъикIаб къимат кьуна къвандерил гьитIичазе. Гьезул ретIа-къай берцин бихьараз гьебго ретIа-къай гьабуна асарал жидехъего рачIарал мехалъги.

 

 

 

 

 

Цогиги. Исана хирияб гIидалъул къоялъ шагьаралдаса росулъе щведал кIудияб асар гьабуна мажгиталъул къадада хъвай-хъвагIайги гьабун Шамил имамасул суратги гьев гьавураб ва накълулъараб соналги хъван, берцинго къачIан лъураб мармаралъул къоно чIваялъ. Цере рукIарал чIахIиял чагIаз бицунаан, жал гьитIинго ругеб мехалъ гьаб нилъер годекIан имам гIодов чIараб бакI бугилан. ГьабсагIаталдаги гьенир руго долго ганчIал. Цо кутакаб багIарараб къо букIун буго, имамасе муридас суал кьедал: «Бугебдай гьом-гьоллъи бугеб бакIго?» - ян. Имамас жаваб кьун буго: «Валлагь бугоха, инхдерил къулгIаги, къвандерил годекIанги», - ян. Имамасда цадахъ Къванисаги муридзаби рукIун руго.

Аллагьас ﷻ нилъееги щваги шапагIатгун баракат имам Шамилил ва гьесда цадахъ накълулъарал киналго муридзабазул. Гьединго Къваниб росдал хабалазулъ ва къватIир рукъаразул мунагьал чураги.

МухIамадова Жамилатиеги гьарула лъимал-хъизаналдаса йоххи, баракатаб гIумру, гIатIидаб дунял. Аллагь ﷻ разилъаги, кирилъун хъван батаги.

 

ЗайнулгIабид,

Къваниб росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...