Аслияб гьумералде

Ракьалда лъалкIги тун ана

Ракьалда лъалкIги тун ана

Ракьалда лъалкIги тун ана

ЛъикIал гIадамал ракIалде щвезаруни, хасго росдае пайдаяб хIалтIи гьабулел сахаватал чагIи, пайда цIикIкIараб букIуна.

Гьединаздасан ккола Хунзахъ районалъул ГIахьалчIи росулъа мунагьал чураяв ХIасанов ХIусен. Гьев цIалана Избербашалъул механизациялъул школалда, щвана шоферасул ва трактористасул махщел. Хъулухъ гьабуна Советияб армиялда. 1958-61-абилел соназ хIалтIана колхозалда. Буйнакскиялъул педучилищеги лъугIизабун хIалтIана росдал школалда учительлъун, гIуцIарухъанлъун. ХIалтIулаго лъугIизабуна ДГУялъул филологияб факультетги.

1979 соналда ХIусен вищана ГIахьалчIи росдал советалъул председательлъун. ГIехьелдерица гьанжеги бицуна ХIусен председательлъун вукIараб заманалъул хIакъалъулъ. Гьесул жигаралдалъун росулъе, микьго километралда рогIралги лъун, бачараб лъим, магIарде цIад тIинкIаниги хIарщул цIолел рукIарал къватIал, чабахх баччун, къачIана, лъар щванщинахъе риххулел рукIарал кьоял кьучIдасан цIигьаруна, кулабазде нухал гьаруна.

1984 соналда ХIусен тIамуна районалъул КБОялъул (Комбинат бытового обслуживания) директорлъун. Жиндехун гьабураб божилъи хвезегIан, жив хвей цебе гьабулеб хасияталъул чи вукIиналъ, сордо-къо батIа гьабичIого хIалтIун, ХIусеница къокъаб заманалда жаниб комбинат лъугьинабуна хайир кьолеблъун, цIикIкIинаруна халкъалъе гьарулел рукIа-рахъиналъул хъулухъал, бана комбинаталъе цIияб мина, чIезабуна гьениб цIияб тIагIел-алат, хIалтIулезул къадар бахана 140 чиясде ва гьеб лъугьана республикаялда бищун церетIуразул цояблъун.

1989-абилеб соналда ХIусен тIамуна ГIахьалчIи росдал школалъул директорлъун. Гьеб хIалтIудаги гьес бихьизабуна жиндирго бажари, школалъе тIадеги бана цоги мина. ХIусенил кIвахI гьечIеб хIалтIуеги тIадегIанал хIасилазеги мустахIикъаб къисмат кьуна пачалихъалъул батIи-батIиял идарабаз Баркалаялъул кагътаздалъунги, ХIурматиял грамотабаздалъунги, батIибатIиял сайгъатаздалъунги. Гьесие щвана «Отличник народного образования Дагестана» абураб хIурматияб цIарги. ХIусенил гIумруялъул аслияб мурад букIана гIадамазе кIвараб кумек гьаби, гIадамал рази гьари.

МУХIАММАД НУРМУХIАММАДОВ, ГIАХЬАЛЧIИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...