Аслияб гьумералде

Аллагьас кумек гьабеги

МухIаммадхIажи ГIарипович

Аллагьас  кумек гьабеги

Ассаламу гIалайкум хирияб «Ассалам» казият. Бокьун буго ракIракIалъулаб баркала загьир гьабизе Шамил районалъул КъахIиб росулъ бугеб туберкулёзалъул больницаялъул бетIерав тохтур МухIаммадхIажи ГIариповичасе, тохтурзаби Динара МухIаммадрасуловалъе, Гульнара МухIаммадовалъе, медсесраби: НасихIатие, Халилатие, Зайнабие, ПатIиматие ва цогиязеги. Дун рази йигей гIадин, БетIергьан Аллагьги разилъеги нужедаса, кIиябго рукъалъул талихIги насиб гьабеги нужее. Дун чIухIарайги йохарайги йиго нужеда гьоркьой хIалтIизе щвеялдаса.

ТIоцее хIалтIизе лъугьараб мехалъ дир ракI парахат гьечIого букIана, дида кколеб букIана батIияб бакIалдаса щварай дида гьанив лъалев чиги гьечIин, щибдай дир букIинаян абун. Къо бахъанагIан рекIее бигьалъи ккана. ХIалтIухъабиги ратана гьабулелъулъ цоцадехун недегьал, ракI батизабулел, бицунелъулъ хIеренал.

Унтаразе больницаялда чIезабун буго жакъасеб къоялъ ругел бищун лъикIал санагIалъаби, кинаб бокьаниги кваназе квен. БетIергьанас сахаб гIумру кьун кIодо гьареги нуж. МухIаммадхIажиеги гьарула Аллагьасда Гьев разилъулеб куцалъ гьабулелъе тапикъги икъбалги гьабегиян. Дунги, нужее лъикIабщинаб гьарулей нужер хIалтIухъан У. ХIажимухIамадова.

Больницаялъул коллектив

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...