Аслияб гьумералде

ХIажатаб заманалда щвараб кумек

ХIажатаб заманалда щвараб кумек

ХIажатаб заманалда щвараб кумек

МахIачхъала шагьаралъул МФЦялъул хIалтIухъан ГIалиев СаидахIмад щвана ЛъаратIа райбольницаялде. Гьесда цадахъ рукIана ЛъаратIа районалъул имамасул заместитель МахIмуд МухIамадов, «Инсан»’ фондалъул нухмалъулев Макъсуд ИсмагIилов, районалъул имам МухIаммад АхIмадов, лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулев ШагIбан Ибрагьимов, ЛъаратIа росдал депутат СагIду Давудов.

Гьалбадерида дандчIвай гьабуна бетIерав тохтурасул заместитель ХIабиб Рамазановасул бетIерлъиялда, больницаялъул тохтурзабаз. ХI .Рамазановас баян гьабуна коронавирусалъул унтуда хурхун больницаялда бугеб ахIвал-хIал ва бицана щивав унтарав хвасар гьавизе тохтурзабаз бахъулеб бугеб хIаракаталъул хIакъалъулъ.

ЛъаратIа районалъул жамагIаталъул рахъалдасан М. ИсмагIиловас больницаялъе кьуна ковидалъ унтаразе хIухьел цIаялъе кумекалъе хIажатаб лъабго аппарат. Гьел аппаратал руго учузаб багьаялде Ислам Нургьудаевас ричарал. ХI. Рамазановас баркала загьир гьабуна хIажатаб заманалда больницаялъе гьабураб кумекалъухъ. «Гьеб буго кIвар бугеб ва жиндир заманалда щвараб кумек. Бищунго хIажатаб заманалда аскIор ратана нуж», - илан абуна баркалаги кьолаго гьес.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...