Аслияб гьумералде

Бихьиназде салам

Бихьиназде салам

Бихьиназде салам

Данухъ росулъа Ислам Мусаев, рагъулаб отпускалъ вачIиндал:

Рагъул фронталде ахIулел васал,
Ас-салам гIалайкум! Босе дир салам.
Сахал тIаса рищун унел бихьинал,
Бихьиналщиназде буго дир калам.
Кидаго къотIичIо ракьалда рагъ-кьал,
Махлукъат къавмазде бикьаралдаса,
РукIана чабхъенал, ккана гьужумал
Жеги туманкI-ярагъ лъалелдасаго...
Гьезий ахир гьечIин абиги буго,
Инсан гIорцIунгутIи лъалеб жо буго.
Жакъасеб хIакъикъат гьединаб буго,
Империалистал ццулъулел руго.
Цин Европаялда, цин Азиялда,
Гьез питнаби-кьалал рекьулел руго.
Ракьалда киналго континентазда
«ГIадлу» гьабизеян лъугьунел руго.
Гьезие нух къалеб къуват цохIого 
Россия гурони батулеб гьечIо.
Гьаб ахIулъ яхI рехун, тохго чIечIого
РухI кьезе хIадурал камунги гьечIо.
Гьединаллъун рукIа, лъикIал бахIарзал,
Заманалъул жойин гьаб бакъул дунял!
Рукъги ракьги цIунун цIадай аразул,
ЦIар нахъе хутIулин халкъалъе реццлъун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...