Аслияб гьумералде

Баркала, тохтурзаби

Баркала, тохтурзаби

Баркала, тохтурзаби

Дунялалъул рокъор нилъ гIемер хIажалъула цоцазде, ине ккола мурад тIубай тIалаб гьабун цогидазухъе. 

 

Киназего баянаб жо буго Аллагьасе ﷻ рокьулин диналъул вац-яц рохизарулел гIадамалин абурал Аварагасул ﷺ рагIаби. Цогияз рохизариги чиясда халлъула гьес жиндир кинаб бугониги мурад тIубайдал. 

«Ас-салам» казият гьоркьобккун баркала загьир гьабизе бокьун буго Хъумторхъала районалъул Темиргъое росдал медпункталда хIалтIулел тохтурзабазе, хасго Лаваша районалъул Кутиша росулъа ХIажиева ПатIинае.

Гьей йиго аскIове вачIарасул мурад тIубазе хIаракатай, яхI-намус бугей, унго-унгояй тохтур. Нужер бищун лъикIал, гIадамазе цIикIкIун пайдаял кколин абун буго Аварагас ﷺ. Гьединлъидал дугIа буго Аллагьасде ﷻ ПатIина бищун лъикIазда гьоркьоса гьаегийин абураб.

Хадуб, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабиялдаго цадахъ гьарула нужее щулияб сахлъи, ракIалда ругел мурадал тIурай, гьабураб гIамал ахираталдаги мунпагIатаблъун батаги. Аллагьас ﷻ кIиябго рукъалъул талихI насиб гьабеги щивасе!

МухIаммадсайпуллагь Сулейманов,

Темиргъоялда гIумру гьабун вугев, Шамил районалъул ХIорода росулъа.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...