Аслияб гьумералде

ЛъикIаб больница батана

ЛъикIаб больница батана

Ассаламу гIалайкум, хIурматияб «Ас-салам» казияталъул редакция. Дун ккола 83 сонил ригьалде вахарав, Ленинкенталда гIумру гьабун вугев, Шамил районалъул ГIуриб росулъа ЖабрагIилов АхIмад. Дагьал церегIан къоязда вегун вукIана МахIачхъалаялъул №3 больницаялда бугеб кардиологиялъулаб отделениялда.

 

Гьениб бугеб ахIвал-хIал бихьидал, бокьун буго, казият гьоркьоб ккун, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе гьеб больницаялъул хIалтIухъабазе. Дие, рекIел мащаби хисизелъун лъабго нухалда операция гьабуна, чанго батIи-батIиял больницабазде щвана, Дагъистан бахун къватIивеги ккана. Амма рехсараб учреждениялда бихьаралъ хIикмалъизавуна.

Гьениб, гIадатияв хIалтIухъанасдаса бахъараб отделениялъул заведующиясде щвезегIан щивав чи ватана гIагарав чиясухъ кинниги унтарасухъ балагьи гьабулел, гIаданлъи чорхолъ бессарал, Аллагьасул нух ккурал, аскIове вачIарав жидедаса разилъуледухъ хIалтIулел чагIи.

Гьединлъидал, гьаризе бокьун буго Аллагьасда гьенир хIалтIулезе икъбал, тавпикъ, чорхое сахлъи, дунял-ахираталъулъ ритIун ккей. Щивасул цIарал рехсезе хIалкIвеларо, амма хасаб баркала буго тохтур-кардиолог ГIабдулварисова Зиядатие, отделениялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Баширов ХIажимурадие.

Нужеца гьабулебщинаб ахираталда пайдаяблъун батаги. Амин!

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...