Аслияб гьумералде

Шукруялдалъул щула гьаре нигiматал

Шукруялдалъул щула гьаре нигiматал

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги ана нилъедаса хирияб рамазан моцI. Гьелда жаниб гьабураб гIамал щивасда жинда жиндаго лъикI лъала. Аллагьас къабул гьабеги кинабго гIамал, гьелда жанир ккарал гъалатIал-мунагьалги чураги БетIергьанас. Гьабураб гIибадаталдасаги, гьелда жанир ккарал мунагьал цIикIкIун ккун ратила нилъер. Кинабго ишазул кверщел жиндихъ бугеб БетIергьанасул амру гьечIого дунялгIаламалда щибго жо лъугьунарелъул нилъее рахIматлъун кьураб тавбуялъул нуцIида кIетIелел рукIинин кидаго.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

Рецц Аллагьасе исана нилъее рес щвана таравихIалги разе, мажгитаздеги хьвадизе. Гьелъул тIагIам исана цIикIкIун лъана киназдаго, щайгурелъул араб соналъ вабаалъул унти багъариялъ нилъее рес ккечIелъул гьелдаса пайда босизе.

Гьелда жанибги гIемераб хIикматги, маслахIатги батила нилъеда лъалебги жеги гIемер лъаларебги. Бищунго кIудияб хIикматги ккола бокьараб заманалда гьеб нилъехъа кодоса борчIизе рес букIин мухIканго бичIчIи ва лъай.

ГIумруялъул саназде рахарал гIадамазда цIакъ лъикI ракIалда буго дин гьабизе гьукъараб заманалъул лахIзатал. Диналъул ахIкамал тIураялъул иш кинго загьир гьабизе рес гьечIеб, хIатта гьединаб ишалъухъ тамихIалде ва гIакъубаялде инсан цIалев букIараб заман.

Гьелдасанги бусурбанчиясе захIматаб жо щиб букIунеб. Квералги хIатIалги рухьун, кIалдибгун гIундузда печатги чIван теялдасаги захIматаб хIал гьечIиш гьеб.

КIал кквезени щиб гурин биччалеб букIараб, нагагь гьеб ккун батани биххизе букIине хIал гьабун лъим гьекъезе тIамулеб букIараб заманаги гьедигIанго цебегIанго гьечIо.

Гьединги букIун, киналго ресалги кьун, бокьухъе дин гьабизе, гIелму цIализе ресалги кьун тун хадуб нилъеца тасамахIлъи гьабуни гьеб нигIмат нахъе босиялда кIудияб хIинкъи букIуна.

Дагьаб гIакъубайищ бихьараб нилъер умумузда дин цIунулаго. Дагьаб къварилъийищ гьез хIехьезе ккараб. Гьелъие гIоло жидер гIумру ва сахлъи къурбан гьабуралги гьечIищ нилъер умумул.

Балагье гьаб заманалде. ГIадамазул хьвадиялъухъ балагьараб заманалда бихьулеб буго щибго къимат гьечIолъи. Аллагьас кьурал ресаздасан пайда дагьго гурони босулеб гьечIо. Дунялалъул цебетIеялда хадур лъугьун унеб буго гIазизаб гIумро. Кинавго чияс тIалаб гьабулеб буго дунялалдаго алжан. Гьеб букIинабиялъул мурадалда хвезабулеб буго жиндир бугебщинаб магIишат, сахлъи ва тIубараб гIумруги. Ахирги гьебги щвечIого хун уневги вуго.

Дунялалда ругел рахIатаздаса тIубанго инкар гьабейин абулеб мех гуро. Гьел киналго санагIатал БетIергьанасе гьабулеб гIибадат цIикIкIиналъе сабабалъе хIалтIизабейин абизе бокьун буго.

Балагье гьаб заманалда гIадин мажгитахъ хинлъиги ва цогидал санагIаталги кида рукIарал. Дагъистан бахун къватIирехун кир гьел ругел. ЦIакъ дагь руго гьединал бакIал. РукIиналъул пайда щиб гьеб хIалтIизабулеб гьечIони. КигIан хириябги санагIатабги машин букIиналъул кинаб пайда гьеб хIалтIизеги гьелдаса пайда босулеб гьечIони.

РачIа диналъул вацал, Аллагьас кьурал ресаздаса пайдаги босун, БетIергьанасе шукру цIикIкинабилин! Аллагьас кумек гьабеги нилъее киназего!

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Аллагьасул ﷻ аманат

ГIемерисел руччабаз хIаракат бахъула хIалакълъизелъун черхалъе гIакъуба кьезе. Гьеб гуро жакъасеб «унтиги», гьедин букIана гIасрабаз цебеги.   МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъеда малъула черхалъулги рухӀалъулги хIал лъикIлъизабиялъе рекъон кколел сабабал. Суннатги ккола...


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Хирияв Аварагасул ﷺ шамаилал

Шамаил абураб рагIи хIалтIизабула Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатазул бицен гьабулеб мехалда. Гьединго, гьесул ﷺ гIумру ва ахIвал-хIал рехсолеб мехалдаги. Гьединлъидал Аварагасул ﷺ цо-цо ахIвал-хIалал рехселин.   Аварагасул ﷺ рас букIана берцинаб ва дагьабго кьурараб, цIакъго кьурараб ва...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...